Сочинение маг1арул мац1

Сочинение на тему: «Маг!арул мац!» .

Х1адур гьабуна :

Маг1арул ясаца маг1арул васаз

Маг1арул гуреб мац1 бицуна гъасда.

Эбелалъул рахьгун чорхолъ босараб ,

Басра гьабич1ого ц1уне, рахьдал мац1!!!

Дунялалда т1ад бищун берцинаб маг1арул мац1 бугодир рахьдал мац1.Щибаб соналда , 21 февралалда т1олабго халкъалъ к1одо гьабула байрам – «Рахьдал мац1алъул къо». Рач1а, ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1 ц1унизе! Мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат ! Г1адада гурелъул Расул Х1амзатовас хъвараб: «Метер маг1арул мац1 хвезе батани,хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун».

Нилъ руго маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дие ц1акъ бокьула нилъерго халкъалъул г1агараб мац1…Унгоунго маг1арул мац1ги , ц1арги , ц1ваги ц1унарал г1емер руго. Гьезда гьоркьоса ккола нилъерго хъвадарухъаби, шаг1ирзабиРасул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Ц1адаса Х1амзат ва гь.ц.

Маг1арулазда лъазе ккола жалго

маг1арулаллъун рук1ине кколеллъи кидаго, кире аниги. Маг1аруллъиялъул маг1на лъазе ккола нилъеда. Унгоунгояв маг1аруласул бук1ине ккола миллаталде, мац1алде рокьи ва ч1ух1и. Гьаб заманаялда дагьдагьккун г1арцухъ бичулеб бугин ккола мац1 , ях1-намус, г1адатг1амалУчузго бичулеб буго. Г1акълуги х1алт1изабич1ого г1арац аск1обег1ан ц1алеб буго. Г1арцуе г1оло эбелинсул ц1арцин к1очене х1адурун руго. Нилъерго мац1 ц1унич1ого, г1емерисез абулебги буго – «абг1аги щибизе къвариг1араб жо, г1урусалъ бицани бич1ч1уларогойищ бугеб» —илан. Нилъерго миллаталдаса, мац1алдаса ч1ух1изе ккела. Эбелалъе лъимерги лъимадуе эбелги хириял ругин абураб г1адаб жо ккола г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин, ц1унизе ккола мац1 .

Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз ,

Маг1арул мац1алда, маг1арул росулъ .

Босана дица гьеб дидаго цадахъ ,

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.

Маг1арул мац1алда рахьдал мац1илан ц1ар лъун бугелъулбегьилищха нилъ гьеб лъаларилан ч1езе? Ч1ух1ун к1алъазе ккела г1агараб , кинидахъ эбелалъ малъараб, лъим г1адин г1едераб мац1алъ.

Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб,

Т1олго дунялалда раг1изабураб

Ц1уне Дагъистанин , бокьа гьебилан,

Бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ ах1араб.

Мац1 ккола рух1анияб бечелъи. Бищун х1ажатаб жо буго гьадинаб заманалда рух1ияб бечелъи ц1уни. Дагъистаналда кидаго бук1араб нилъерго мац1алде, адабияталде ва культураялде, хасго Ват1аналде рокьи. Гьеб киналъго инсанасе я г1арац, я боц1и кьоларо , амма г1аданлъун хут1изавула, има , ях1 бечелъизабула .

Маг1арул мац1 бац1ц1адго бицунел чаг1и къо бахъанаг1ан дагьлъулел руго. Г1урусги маг1арулги жубараб, цо г1ажаибаб мац1 буго г1емерисез бицунеб.

Нилъее авар мац1 х1ажат буго маг1арул миллат ц1унизе.

Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,

Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи,Ч1анк1а , кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.

Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина ? Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ ?

Маг1арулал!!! Бичун босулелда хадур рекерахъдилаго, х1анчи ц1акъго т1аг1ине тела нилъеца бичун босун бажарулареб. Гьебги буго нилъерго умумул ч1ух1улел бук1араб авар мац!!

Нилъерго миллаталдаса ва мац1алдаса ч1ух1изе г1илла буго, киназдасаго г1емер!

Рокьулез цоцазе урхъун бицунеб

Берталъ г1олохъабаз рохун ах1улеб,

Х1айранал шаг1ираз берцин сок1к1унеб,

Сунареб нур буго дир маг1арул мац1.

Г1агараб рахьдал мац1 ,дир маг1арул мац1,

Дир рек1елъ бессераб, бидулъ бетараб,

Дицаги кьела мун дида лъалезе,

«Дир гьудулзаби, – ма , босейилан».

Гьаб мац1 кьуна дие маг1арулаца,

Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун.

Бац1ц1адго ц1уне гьеб,бечед гьабе гьеб,

Гьеб мац1алъ ц1алейин х1асратал куч1дул.

Мац1 к1очараб миллат молода лъола ,

Молодул г1оркь кквезе чи хут1уларо,

Хут1араб кинабго гьадингояб жо,

Гьардарав Бет1ергьан , ц1уне рахьдал мац1!

Т1оцебе рахьдал мац1 нижей бицарал,

Нижер улбул ц1уне , хирияв «Аллагь».

Нилъей г1оло г1умру майилан кьолей,

Лъимал, к1очон тоге нужеда Эбел!!!

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дир умумуз бицараб,

Улбуцаги бицунеб,

Урхъула духъ,авар мац1.

Малъе,эбел,рахьдал мац1.

Гьаб ракьалда дие хазиналъун ккола мац1ги гьаюрай эбелги.Маг1арул мац1-дир рахьдал мац1.Гьеб дица ц1унизе ккола.Дун гьеб мац1алъ гаргадула.Дир маг1арул мац1 бечедаб буго.Маг1арул мац1 ккола Дагъистаналъул аслияб мац1лъун.Дагъистаналда г1емер рук1ана ва гьанжеги руго маг1арул мац1 бечелъизеги т1обит1изеги гьарулел шаг1иралги хъвадарухъабиги.Маг1арул мац1 лъаларел маг1арулал г1емер руго нилъер.Дир пикруялда, гьезги х1аракат бахъизе ккела рахьдал мац1 лъазабизе.Гьелда т1ад ч1арал г1адамалги руго.Щал нилъ колел нилъерго мац1 к1очене тани.Мац1алдаго цадахъ ц1унизе ккола нилъеца нилъерго миллиял г1адаталги.Хасго маг1арулазул г1емерал руго г1адаталги гьединго бечедаб буго тарихги.Къоло щуго соналъ къеркьана имам Шамил диналъе г1ологи эркенлъиялъе г1ологи.Дунялалдаго ц1ар раг1арав,жинца дунялалдаго Дагъистаналъул ц1ар раг1инабурав Расул Х1амзатовас г1емерал куч1дузулъ бихьизабулеб буго жиндирго Ват1аналдехунги рахьдал мац1алдехунги бугеб рокьи. Нилъер шаг1ирас аманат гьабун тана мац1 ц1унеян,маг1арул г1адатал рехун теч1ого г1умруялда цадахъ рачеян,нилъер муг1рул рехун тогеян.

П роект

на тему:

«Дир рахьдал мац!»

Подготовила :

ученица 6 «а» класса

Магомедова Хадижат

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун!

Расул Х1амзатов

Дунялалда т!ад руго бат!и-бат!иял мац!ал. Гьезул кумекалдалъун г!адамал цоцаздехун гаргадула, ургъел бикьула ва цоцазда рич!ч!ула. Жиб-жиб халкъалъулго г1адин, маг1арулазулги буго жидерго мац!алъул бечелъи ва берцинлъи.

Рахьдал мац1алъ нилъее кумек гьабула умумузул бук1араб яшав лъазе, г1агараб ракьалъул тарих ва адабият лъик1 бич1ч1изе. Руго цо-цо г1адамал лъик1 чияр мац1 лъалелги, х1атта чияр пачалихъазулцин. Бугониги, гьезиеги жидерго рахьдал мац1алъ цо хасаб асар гьабула. Киназего гуро рес бугеб рахьдал мац1алда гаргадизе. Къисматалъ цо-цоял рехула дунял раг1алде, г1агарлъиялдаса рик1к1аде, ай, чияр улкаялде. Гьединаз х1аракат бахъула рахьдал мац1 хъизаналъуб ц1унизе, рокьоб гьит1инабго г1агараб ч1инк1иллъи г1уц1ц1ине. Гьелдалъун бихьула, инсан рахьдал мац1алъухъ урхъун вук1унеблъи.

Дун йиго маг1арулай! Дир г1агараб мац1ги буго маг1арул! Гьелде гьоркьобе уна дир эбелалъул рахьдал мац1: ч!амалазул. Инсул рахъалъан дир г!агараб мац1 буго т1индадерил (багвалазул). Цо-цояз абула ч1амалазул мац1 зах1матаб бугилан. Амма дие гьеб бигьалъула, щай гурелъул дир чорхалъ бессун буго гьеб эбелалъул рахьгун цадахъ . Рахьдал мац1алда раг1ана дида т1оцебесеб сверухъ ругезул калам, эбелалъ кинидухъ ах1араб кеч1:

Хъу-у-хъу-у, ал бело ишулълъла седасеб балъа.

Хъу-у-хъу-у, ишулълъ лъумо гъугъулълъ эч1ида балъа.

Хъу-у-хъу-у, гъугъулълъ уно ч1орулълъ ач1ада балъа.

Хъу-у-хъу-хъу, ч1орулълъ гьач1о пелълъла азалда балъа.

Гьаб коч1одалъун лъала лъималазда мег1ерг1насеб г1аларчаялъул цо т1инч1 бук1унеблъи, г1аларчаялъул малъг1анасеб миккиялъул к1иго т1инч1 бук1унеблъи, миккидул бет1ерг1анасеб х1анч1ил ич1го т1инч1 бук1унеблъи, х1анч1ил берг1анасеб найил азарго т1инч1 бук1унеблъи.

Жегиги г1инзуниб багъулеб буго т1оцебесеб рахьдал мац1алда раг1араб маргьу: «…ахху-лу-лу, рекин-партал!». Гьеб маргьуялъулъ бицунеб буго эбелалъ хурул раг1алда к1усизаюрай гьит1инай яс цидуца йикъиялъул.

Дир рахьдал мац1 буго жиндирго хъвай-хъваг1ай гьеч1еб. Гьединлъидал асаралги ц1акъ дагьал руго. Гьеб мехалда дие кумекалъе батула дир г1агараб, к1иабилеб рахьдал мац1, ай авар мац1. Маг1арул мац1 дунялалдаго машгьурлъизабуна нилъер ракълил шаг1ир Расул Х1амзатовас.

Рахьдал мац1 ккола инсанасул напс, адабият борцунеб роценлъун. Нилъеда бихьула ахираб заманалда рахьдал мац1 мукъсанлъулеб бугеб куц. Цо раг1и рахьдал мац1алда абуни, к1иабилеб г1урус мац1алда раг1ула. Хасго гьеб х1ужжа билълъанхъун буго г1ун бач1унеб г1елалда гьоркьоб. Ч1ух1даего г1адин гаргадула гьел г1урус мац1алда. Дун гуро г1урус мац1алде данде къеркьолей г1адан. Г1урус мац1 буго нилъер пачалихъалъулаб мац1 – гьеб лъач1ого нилъ т1ураларо! Бугониги, дун пашман гьаюлей йиго сверухъ рахьдал мац1 дагь гурони раг1улеб гьеч1олъиялъ.

Хасаб асар гьабула рек1ее рахьдал мац1алда ах1улел х1айранал куч1дуз! Хасго рекъола гьеб маг1арул зурма-къолол гьаркьихъе.

Рахьдал мац1алда к1алъай буго ц1акъ х1ажатаб жо. Г1ададаго абуларо, мац1алъ пикру дурус гьабулилан. Цо-цо нухалъ нилъее загьир гьабизе бокьараб пикру сверухъ ругезда мекъи бич1ч1ун батула. Гьеб буго пикру бит1ун загьир гьабизе мац1алъул бечелъи г1унгут1иялъул х1ужжа. Нилъер к1алъаялъухъ балагьун кьола г1адамаз нилъер хасияталъе къимат. Лъазе ккола нилъеда г1агараб мац1алда кицаби, бицанк1аби, куч1дул ва маргьаби. Гьелъ нилъер мац1 бечед гьабула ва пасих1лъизабула. Гьединаб каламалъ г1енеккаразе лъик1аб асар гьабула ва рахьдал мац1алде рокьигун ч1ух1и бижизабула.

Рахьдал мац1 ккола нилъер умумузул къисмат, г1агараб ракьалъул тарих. Рахьдал мац1алда хъварал асарал ц1алулаго цебе ч1езабула нек1сияб г1умру. Гьелъ бижизабула дир чорхолъ зах1малъабазе къурч1ич1ел умумуздаса ч1ух1и. Рух1даллъула дун цебе заманалда улбузда ва лъималазда гьоркьоб бук1араб гьуинлъиялда, г1иссиназ ч1ах1иязул гьабулеб бук1араб адабалда. Гьединаб тарбия кьола рахьдал мац1алъ.

Рахьдал мац1алъул къимат гьабулес къимат гьабула жиндиргоги, жиндир халкъалъулги. Абула, мац1 бугин халкъалъул рак1илан. Рак1го г1адин, мац1ги цо бук1уна халкъалъул. Рак1го г1адин, мац1ги ц1унизе ккола халкъалъ! Рахьдал мац1 к1очене тарас бигьаго к1очене тела г1агараб гъанситоги.

Дун ч1ух1ула дида г1агараб мац1 лъалеб бук1иналдаса. Баркала загьир гьабула г1агараб мац1алъул гъвариялъул ралъад дие рагьуней дир авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим Пат1имат Мух1амадовнаялъе.

Гьаб сочинениялъ дун ц1идасан т1амуна рахьдал мац1алда т1ад х1алт1изе. Дица пикру гьабуна гьеб жегиги лъик1 лъазабизе х1аракат бахъине!

https://i.pinimg.com/originals/92/d3/29/92d329a2ca8f7377a828d2bae43fc82a.jpg        
Сочинение

        «Дир мац1 – дир ч1ух1и»

https://img2.freepng.ru/20180518/vyo/kisspng-school-supplies-education-blackboard-5afed958b8e536.0680249915266512247573.jpg

Х1адур гьабуна 8 «б»
классалъул ц1алдохъан Х1усенова Пат1имат

МКОУ СОШ №12

2018 уч. год

г. Хасавюрт

         Сочинение

        «Дир мац1 – дир ч1ух1и»

«Щай
дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир
гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай
дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр
мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

    Расул Х1амзатовасул гьал коч1ол раг1абаз нилъеда бич1ч1изабула нилъер
мац1алъул къиматги ва гьелдехун Расулил бугеб рокьулги.

 Мац1 буго нилъер аслу. Цониги халкъалъул бук1унаро цогидалъул бугеб
г1адаб мац1. Щибаб г1елалъ ц1унун щун буго нилъехъе мац1. Нилъецаги кьезе ккола
гьеб цогидаб г1елалъухъе. Кинаб бук1аниги халкъалъул аслияб бут1алъун ккола
гьелъул мац1. Мац1 гьеч1они – чи гьеч1о, чи гьеч1они – мац1 гьеч1о. нилъер
халкъалъул чанги мустах1икъал васаз рух1 кьуна гьезие г1оло. Т1оцебесеб раг1иги
нилъеца абула маг1арул мац1алъ, ахирисеб х1ухьелгунги абула маг1арул раг1и.
Нилъер шаг1ирзабаз асаралги хъвала нилъер мац1алда.

Халкъ, мац1, Ват1ан – гьел раг1аби ккола цогояллъун.

Расул Х1амзатовас жиндирго машгьурал асарал хъвана нилъее киназего
г1агараб рахьдал мац1алда – маг1арул мац1алда.

Гьесул мац1алдехун бугеб рокьи загьирлъун буго унго- унгояб х1алалда
«Авар мац1» — абураб коч1олъ. Авар мац1алда хъварал куч1дузулги асаразулги
рик1к1ен гьеч1о.

Г1урус мац1алъул т1ахьида нилъер авар мац1алъул кеч1 батидал дун
кутакалда йохула. Гьанже нижер мац1алъулги, нижер маг1арул шаг1ирзабазулги
х1акъалъулъ лъаларев ц1алдохъан хут1илароРоссиялда –ян.

Дун ц1акъ йохарай йиго маг1арулайлъун йик1иналдаса. Дица кидаго
рак1алдаса инее толаро Расул Х1амзатовасул ц1ар арал гьал раг1аби:

«Метер маг1арул мац1 хвез батани, хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун»

Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.

Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.

Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.

Г1агараб авар мац1! Дир кинабго бечелъи , кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь.Гьаб дунялалъул рокъоб дие гьеб мац1 кутакалда г1агарлъана. Авар мац1алдехун дир рокьи т1оцебе ц1ик1к1инабуна дир херас-Дибиров Мух1амадица,хадуб дир мунагьал чураяв инсуца, дир эбелалъ ва дир инсул яцаз.Гьел киналго ккола г1урус ва авар мац1алъул муг1алимзаби.

Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!

Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.

Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».

Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.

«Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.

Авторас асаралда жаниб бицунеб буго ,макьилъ живго цо лъарал раг1аралда г1одов ккун вук1ин.Гьебмехалъ гьесда борхалъудасан раг1ула руччабазул к1алъай. Гьел к1алъалел рук1ун руго бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ. Гьез бицунеб бук1ана ах, хур-хералъул, бук1инесеб маг1ишаталъул,кьерхен-роц1еналъул,боц1и-панзалъул, пуланав Х1асанил сих1ирлъиялъул.

Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.

Гьес абуна:

-Аваразул калам,гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.

Гьал раг1абаздасан дида бич1ч1улеб буго Расулие авар мац1 кутакалда хирияб,г1агараб бук1ин.Гьес коч1олъ хъвалеб буго рокъорги къват1ирги маг1арулаз бицине кколин жидерго рахьдал мац1. Мактабаздаги авар мац1 малъизе кколин абулеб буго.Цоги Расул Х1амзатовас хъвалеб буго, нилъ рокъоса унеб мехалъги нух бит1агийилан маг1арул мац1алъ гурищила нилъеда улбуз абулеб . Гьеб бугила рекъараб нилъер халкъалда черхалда борчараб рачел киниги.

«Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.

Гьаб заманалда г1емер бицулеб буго телевизоралдасан, газетазда, журналазда хъвалеб буго нилъеца хирияб,г1агараб рахьдал мац1 ц1униялъул х1акъалъулъ. Гьеб ц1акъ бит1араб буго. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин , ц1унизе ккола бечедаб авар мац1. Нилъеца- маг1арулаз ц1унич1они гьеб, лъица ц1унилеб?

Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.

Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!

Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.

Аваразул калам гьелъул камиллъи!

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.

January 28 2013, 20:04

Category:

  • История
  • Cancel

http://millat.05kvartira.com/index.php/kinalgo/618-red-kalam83/797-pikru83.html

Мунагьал чураяй дир кIодоэбел, большевиказул зулмуялда данде гъазават гьабулаго 1921 соналда къадаралде щварав ва Инхо вукъун вугев СагIадуллагьил яс ПатIимат, йикIана дир тIоцеесей тарбиячIужулъун. Гьелъги гьелъул эбел Багьжатицаги кинидахъги кини тун хадубги дие ахIана магIарул туркабиги диниял назмабиги. Багьжат дие камуна 1983 соналда. Амма гьелъул сипат-суратги, назмабиги, къаданиса росун кьолел рукIарал сайигъаталги гьабсагIат гIадин цере чIола, доб заманалда дие кIиго сон гурони букIинчIониги.

Багьжатиде нижеца кIодойилан абулаан, ПатIиматиде – кIудайилан. КIуда ахираталъул рокъое къокъана 2003 соналда. Гьей кIияйго магIарул чIужугIаданалъ кьучI тIамуна дир диниябги миллиябги бичIчIиялъе. Гьанже ЦIоралъул магIарулазул масъалабазул хъвалелъул, панаяб куцалда гIинда рагъула кIудаца ахIулел рукIарал магIарулазул кьалул назмаби : «Бидул гIорал арал Алазаналде, КIкIуйдул чIух тIад лъараб ТIад Ширакалда… Агъалдисеб чакма бидул цIезегIан Чодасан рагъарал дол гъолодисел, Черхалдисеб ярагъ цIед биинегIан ТуманкIул рагъ лъуна ТIад Ширакалда. Вакъунилан абун кваналебдайищ, — Бидулъа рахъарал кескал кунеб къо! Къечонилан абун гьекъолебдайищ, — Лъороса гIодобе би чвахулеб къо!»

Гьел ва гьелго гIадал жеги гIемер магIарул эпосалъул мухъал рикIкIунаан, ахIулаан кIудабаз дие. КIудал кIудияй эбел Бахул эмен кколаан ГIамирил МухIума. Аслияб куцалда гьесдасан лъан руго нилъер халкъиял асарал дир кIодоэбелалда. Гьев ГIамирил МухIума XIX гIасруялда Кавказалъул имамзабаз гьабураб гъазаваталдаги гIахьаллъун вуго. Доб къеркьеялъулъ магIарулаз бихьизабураб бахIарчилъиялъулги гIемер бицунеб букIун буго гьес.

ГIелаз гIелазухъе кьун щвана нилъехъе магIарул тарихги, асаралги, эпосги, гIамал-хасиятги. Гьаб колонка хъвалеб буго ЦIоралъул хIакъалъулъ. МагIарулазул аслиял хазинабазул цояб ккола ЦIор. ХицIиб мегъалдаги АхIулгохIалдаги аскIоб буго гьелъул цIар. МагIарул басмабазда рахъарал макъалаби цIалулез гьеб гьедин гьечIилан абиларо. Ахирал соназда «Миллат» казияталда «Тарихалда лъалкI тарал магIарулал» рубрикаялда гъоркь рахъулел ругел тарихиял очеркал цIалараздаги аваразе ЦIоралъул бугеб кIвар бичIчIулеб батила. Нилъер эпосалъулъ буго ЦIор. МагIнаги, даражаги, хIажалъиги гьечIеб жо эпосалъулъе унаро.

Пачалихъ гьечIеб халкъалъул къисмат пашманаб букIуна. ГIемерго рохизесеб гьечIо гьеб магIарулазулги. Нилъер бикьизабураб халкъалъул къварилъабазул ургъел бугел «кверщел кодосел чагIи» цIакъ дагь руго. Азербайжаналда ва Грузиялда гъорлъ руго кIинусазаридаса цIикIкIун нилъер миллатцоял. Гьезул гIузрабазде сахаб бербалагьи гьабулеб идара къанагIатги батуларо. Нилъеда мадугьалихъ ругел лезгиязулго мадараб чIаголъи буго гьеб рахъалъ, Бакуялъ гьел хIалелги руго.

Араб 2012 соналъул декабралда дица хъвараб «Зачистка в Джарах» абураб макъала къватIибе арабго, гьебги гьоркьобе бачун, чанго сайталда бахIсал гьарун ругоан. Гьайгьай, гьединал «годекIабазда» халкъазул саламатал вакилзаби кидаго гуро дандчIвалел. Амма Азербайжаналъул цIаралдасан хъвадарулезул чIухIиги гIамалкIодолъиги бихьидал, сабру гьабизе бигьаго букIунаро. Макъалаялъул авторасдехун бадибчIвай гьениб гьечIоан, амма нуж гьедин «ассимилировать» гьаризе руго, ясал гIадин», «азербайжаназул цIалалъ гурони нуж гIодориччазаруларо» абураб магIнаялъул хъвай-хъвагIаял гьарзаго ратула гьенир. Миллионалдаса цIикIкIун дагъистанияв вуго гIорхъи чIван Азербайжаналъулъе рехун. Дагъистаналда вугев 90азарго азербайжанасе бокьарал миллиял шартIал чIезарун руго, дорехун ругел миллатцоязул бицинецин хIинкъун руго! Гьабго щиб республика, гьабго щиб пачалихъ!

Цо-цояз дида абула азербайжаналги туркалги нилъер динцоял, диналъул вацалги яцалги ругилан, ислам бикьизабизе бегьуларилан. Нилъер диналъ «халкъалги мацIалги гьукъун ратани», щайха Азербайжаналда азербайжан (тюрк) мацI хIалтIизабулеб бугеб? Гьебги лъахъван, кIочене тун, Къуръаналъул мацIалде, гIараб мацIалде, руссаха! Руссунел гьечIогури! Гьедин батани, азербайжан мацI бегьулеб, авар мацI щай бегьулареб! Киб бугеб логика!? Бакуялъ ЦIоралда как ахIизе гьукъи цIакъго исламалда данде кколеб буюрухъищ букIараб?

МагIарулаз кверхьвагIун тезе бегьулеб бакI гуро ЦIор. ЦIадаса Расулил васиятазул цояб ккола «МугIрул тун авлахъазде рахъунел магIарулал» абураб кечI. Киве кканиги, гьеб кочIол мухъал рекIелъ кIетIезе ккола аварасул: «Цадахъ босе, кIочонге МагIарул мацIги цIарги… Цадахъ босе, кIочонге КIикIараб кини, гьулак…Нужго тIаде къулараб ТIокIкIараб ицц кIочонге, Умумузул хобазда Хурдузул сас кIочонге».(Тамашаяб асар! Абун бугеб гIадатго, абун бугеб камилго! ШагIирасда абизе кIвелаан, масала, умумул кIочонгейилан. Амма гьеб кIиго рагIиялъ сипат-сурат бахъизе букIинчIо, унго-унгояв классикас хъвала гъодин – умумузул хобалги чIаго гьарун, гьезда тIад бижараб херги гаргазабун!) Щивав нилъер миллатцояс цадахъ росизе ккола МагIарул МацIги ЦIорги. Гьел цого даражаялъул гIаламатал руго.

21 февраль рахьдал мац1 к1одо гьабиялъул             вечер.

Биччай маг1арул мац1 маг1арул гъасда

Кидаго гвангъараб бакълъун бук1ине

Биччай маг1арул мац1 маг1арул гъасда

Беролеб даруяб иццлъун бук1ине.

Рач1а маг1арулал маг1арул гъасде

Нилъерго миллатги мац1ги ц1унизе.

.

Асаламу г1алайкум хириял
ц1алдохъаби, муг1алимзаби. Жакъа нилъ данделъун руго халкъалда гьоркьосеб
Рахьдал мац1алъул къо к1одо гьабизе. Баркула нужеда «Рахьдал мац1алъул къо».
Кьейги нужее халатаб г1умру, чорхое сахлъи, рохел. Нуж кире аниги, кире щваниги,
ц1уне нилъерго рахьдал мац1, кидаго рак1алдаса ине риччаге нилъерго халкъияв
шаг1ир Расул Х1амзатовасул раг1аби:

                    Лъаларо Мух1амад цогидазул иш,

                   
Амма дица дирго рахъалъ абила

                   
Метер маг1арул мац1 хвезе батани

                   
Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

  Нилъеца рахьдал мац1 щибаб санайил 21 февралалъ
к1одо гьабула. Гьеб къоялъ гьеб к1одо гьабиялъе г1илла лъалищха, лъимал нужеда?

 1952 соналъул 21 февралалда жидерго рахьдал ма1
ц1унун къват1ире рахъарал Банглодешалъул студентазда гьоркьосан чанго студент
ч1вала полицейскияз. Гьединлъидал 21 февралалъ гьеб къо к1одо гьабизе х1укму
гьабуна ЮНЕСКОялъул генералияб конференциялъ 1999 соналъул 17 ноябралда.2000
абилеб соналдаса нахъе гьеб къо к1одо гьабулеб буго халкъазда гьоркьосеб
рахьдал мац1алъул къолъун.

 Мац1- гьеб ккола  бищун къуватаб т1аг1еллъун, щайин
абуни гьеб рахьдал мац1 нилъехъе наслабаз наслабазухъе кьун щолеббуго.

       Мац1 гьеч1они гьеч1о миллат. Нилъер халкъияв
шаг1ир Мух1амад Ахмадовас г1адада гуро гьал раг1аби абурал:

                   Мац1 к1очараб миллат
молода лъола,

                   Малидул г1окь кквезе
чихут1уларо..

                   Хут1араб кинабго
гьадингояб жо…

                   Гьардарав бет1ергьан,
ц1уне авар мац1!

Нилъер вук1арав президент Мух1у Г1алиевас абухъего жиндирго
мац1 лъаларев чи -гьев ккола талих1 къарав чи.

 Маг1арул мац1 лъаларев чиясда лъаларо жиндирго
тарихги, адабиятги, маданиятги.

     Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго
Дагъистаналда ругел г1емерисел мац1азул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан цинги
гьеб мац1 бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго.Гьединан нилъер рахъдал мац1ги
дагь-дагьккун т1аг1иналъе х1инкъи буго. Нилъер рахьдал мац1 буго дунялалда
бищун берцинаб.  Нуж кире щваниги, щиб рахъалъан нуж къисматалъ реханиги ц1уне,
хириял ц1алдохъаби, нилъерго мац1
.

  Гьанже раг1и кьелин
нилъерго школалъул ц1алдохъабазе . Байбихьи  гьабила   «Авар мац1» Манарша
Дибировалъ ах1улеб коч1одалъун. (Слайд)

 1. Фазу Г1алиева «Рахьдал мац1»-

  (слайд)

                     Дир рахьдал
мац1.

Дун
гьаюраб къоялъ къулун т1адегун,

Т1егьилан
абуна дида эбелалъ;

Гьеб
раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ

Маг1арул
ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб.

Дун
якъараб мехалъ хахе меседан,

Дие
каранзул рахь кьуна эбелалъ.

Бач1ана
дихъе гьеб рахьдада цадахъ

Ди
румумузул мац1,дир маг1арул мац1.

Дица
гьеб мац1алда бакъул ч1оразде

Дах1аян
рит1ана гьит1инал кверал.

Каранде
дунги къан, инсуца дие

Гьеб
мац1алъ ц1алана ц1одорал харбал.

Дие гьеб
мац1алда маг1арулаца

Муг1рузул
г1оразул къиса бицина,

Къабих1ав
Надиршагь дир умумуца

Асир
гьавурав куц дида раг1ана.

Дир
муг1рул халкъалъул намусги ц1унун,

Ц1адаве
к1анц1арав Гьидалъа Хочбар

Гьеб
мац1алъ к1алъана ахираб нухалъ,

Ханасе
ч1ег1ераб наг1анаги кьун.

Къоло
щуго соналъ Дагъистан ц1унун,

Ц1ум
г1адин вагъарав Шамил имамас

Маг1арул
мац1алда эркенлъийилан

Ах1ана
кьураби кьват1илеб х1алалъ….

2.  «Маг1арул мац1»

                     Г1урхъи тун бокьула мун маг1арул мац1

                   
Маг1арухъ г1умругун цадахъ бижараб

                    
Гьит1инаб халкъазул къварилъабазухъ

                      
Къойил анищазухъ ва рохелазухъ

                      
Бидулъги маг1илъги бущун гьабураб

                      
Бечелъана, г1уна мун, г1агараб мац1….

3.  «Бице,эбелалъул, умумузул
мац1».

Нуж щалали лъазе, лъилали лъазе,

Лъазе гьабе, бабал эбелалъул мац1.

Миллатго гьеч1ейллъун хут1унгут1изе

Хвезе тоге, бабал бищун лъик1аб мац1.

 Щуго имамасул, устарзабазул

Дунял х1айранлъарав Х1амзатовасул

кинидахъ ах1арабКеч1- маг1арул мац1,

Моц1рохъе бицарабМаргьа-рахьдал мац1.

Г1орц1идал кьурдулеб кьег1ерг1адинаб

Кьурда басандулеб бурут1 г1адинаб

Гьеб мац1алда «къ»-ялъ къуват бицуна,

Гьеб мац1алъ «хъ»-гун г1орал хъудула…..

  Дандч1вала лъимал,  цо-цо
нижее рахьдал мац1 къвариг1ун гьеч1илан гаргадулел  эбел-эмен. Гьединал умумузде
гьабураб буго гьаб кеч1ги

      Мух1амад Гунащевас.

       Мегъ к1очон тараца мац1 рихараца

     Нац1 базабун буго Дагъистаналда.

          Гьез «арендаялъе» авар мац1ги
кьун,

      Иванил батула гьоркьоб бицунеб

           Лъималазул дарсде яч1инч1ей эбел,

Яч1ун гаргадула директорасда

       Дир гьадай яс дуца эркен гьаейин,

                                        
Гьабцо родноялъул урокалдаса

Эменги вук1анин дида абулев,

        Трудно батани, те жибгойилан …….

 — ц1алдохъан Жиндирго
Ват1аналъе г1оло Генуса Шамилица гьабураб къеркьеялъул ц1ар т1ибит1ана
дунялалда т1адго. 25 соналъ багъана дагъистаналъул халкъ Шамилил бет1ерлъиялда
гъоркь «эркенлъи, ялъи хвел», Гьеле Шамилил  рагъухъабазул гьа.

     Шаруханов : Ц1уне маг1арулал Шамилил къадру ,

къвак1араб имамас ирсалъе тараб,

Тоге къадарлъизе къвак1араб намус.

Хираб мубарикас нахъе ц1унараб.

Рагъул кор боркьараб доб Ах1ул гох1да

ах1улеб раг1ула Шамилица как.

Кор боркьараб рагъда мюридзабазул.

Кьабг1улеб раг1ула хвалчадул гьаракь.

Воре мюридзаби къуркьугейилан

къавукъана Шамил тушманасда т1ад.

Исламалъе г1оло рух1 бичейилан,

 хьваг1ана имамас чарамул хвалчен.

 «Маг1арулазул
нус» Фазу Г1алиева.

 Инсценировка.
«Шамилилги Щ1уг1айнатилги дандч1вай»

  «Имам Шамилил цо къо» (Кеч1
ах1изе )

Рогьел т1огьазда т1ад рещт1унеб буго

Шамил как ах1изе вуго къач1алев

Къуркьизе къасд гьеч1ел маг1арулазул

Г1урччинаб байрахъалъ бицунеб буго…

Маг1арулал ч1ух1ула жидерго
г1алимзабаздасаги. Маданияталъул ва жамг1иял х1арактчаг1аздасаги, хасго
районалъул шаг1ирзабаздасаги.

Нилъер районалдаги руго авар
мац1 цебе т1езабурал ва цебе т1езабулел шаг1ирзаби. Жиндир мунагьал чурая
ашидат Гъайирбекова, гьабсаг1аталдаги бищунго мац1алда т1ад х1алт1улей шаг1ир
Бахумеседо Расулова.

             М.Гъайирбекова

            
1. «Эбелалъул рак1».

            
2. «Поэтал»

            
3. «Имам Шамил дир ч1ух1и»

      4.
«Г1абдулманаповасул памятникалъухъ»

                              Риче
росуцоял кьурарал гъуждул,

    Кьалдасанги вуссун росулъ вугин мун

         Кьурул сак1ал гьеч1ел санаца
рук1к1ун,

Ругьунаб гьимигун валагье сверухъ

                               
Рещт1а гьаб сидаса свери бахъизе

                
              Дуего рокьулел росдал къват1азда

      Щва гьудулзабахъе, ралагье лъалк1ал,

Лъимадул г1ужалда дуцаго тарал.

Кеч1 ах1изе
«Эбелалъул рак1»

Муг1алим. Маг1арулазулги
Дагъистаналъулги, талих1 буго Р.Х1амзатов,  Ф.Г1алиева, Ц1.Х1амзат., Муса
Мух1амадов г1адал хъвадурахъаби, дунялалда т1ад рахъин. Гьел ккола унго- унгоял
маг1арул мац1ги, ц1арги, ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

1. Р,Х1амзатов: 
«Бихье,кье таманча, кьвагьизе дихъе.»

2. «Айдемир ва
Умайгьанат» сценка, 1  пардав.

Ахиралдаги гьабила викторина. «Лъалищ нужеда»
масала:

1. Гьаб басня лъуг1изабе
«бух1араб бакъул къоялъ..»

2. Гьа коч1ода ц1ар щиб «Нолъ
макьилъ вихьана кьалда лъукъ-лъкъун»

3. Р.Х1амзатовасул т1оцебе
къват1ибе  биччараб т1ехь.

4. Гьаб коч1ол куплет
лъуг1изабе «Приказчик кашавар киналго рач1ун…»

5. муг1рузул Г1алил ахирисел
раг1аби кинал рук1арал?

6. Ц1адаса Х1амзатица жулица
щив вухарав?.

Къосинч1ого,
хехго  жугьаби абиялъул къец

Гъамас босе, СалихIат,

Саргъас босе, СаихIат.

* * * Вай, Шихали, Шихали,

Щверу, щверу – Шихали;

Щверу чIола, Шихали,

Мун чIоларо, Шихали.

* * * Сасабаз сусун цIураб

СахIикIодол сумало.

* * * Нижер СахIи – сурахIи,

Сунареб рекIел бухIи.

* * Саргъас кIутIун,

сарин ахIун,

Вассал, ясал расандана.

* * Дие гIелмуян ГIали,

ГIарац диеян ГIумар.

* * * ГIабаси, гIабасиян

ГIабас вуго гIодулев;

ГIадаллъи ГIабасилан

ГIабид вуго велъулев.

* * Рокьи ракьулъ бекьарас

Кьалул кьогIлъи кванала.

Кьал бекьун, рокьи ккураз

Рохалил лълъар гьекъола

  ХАСАБ  ГЬАРАКЬ ГЪОРЛЪ
БУГЕЛ РАГIАБАЗДА ТIАСАН ШАРАДАБИ

Гъ-ялдасан
байбихьани,

Буго ясалъул чIухIи;

Бегуниса хисун лъуни,

Ханасул цеветел дун.    Гъал-лагъ.

* * * Ахиралда «Гъ»
бугони,

Буго чахъдада нахъа,

Цебехун «Р»
бугонани,

Буго гIасияб балагь.  Магъ –
рагъ

* * * «Гь»-ялдалъун
дун хъванани,

Хъублъи ккола дир магIна.

Ахиралда «Н»
бугони,

Бихьараб къо-гIакъуба дун. Гъиз
– гъин

* * * «Гь»-ялдасан
байбихьани,

БоцIул рагIи цIунулеб бакI.

Гьеб хисун, «ГI»
абунани,

ГIемераб лъел чвахиги дун. Гьор
– гIор

* * «ТI»-ялдасан
байбихьани,

БукIуна дун сумалда тIад;

«ТI»-ги
хисун, «Къ» хъванани,

Хъумур кколеб гудурги дун. ТIор
– къор

* * * «ЦI» цебе
лъун, цIаланани,

ЦIакъаб рагIи бугоан дун;

«ЦI»-ги
хисун, «Гь» абуни,

Антоним дир ччоборабин.  ЦIодораб
– гьодораб

* * * Ризаб буго дир антоним,

Абуни дун, «Лъ»
цебе лъун;

«Лъ»
хисани, «ЧI»-ялдалъун,

Дир антоним гIебаб буго.   Лъедераб
– чIедераб

* * * Авалалда «ГI»
абуни,

ГIантаб ккола дир антоним;

«ГI»-ги
хисун, «ХI» цIалани,

ХIалалабин дир антоним. ГIакъилаб
– хIарамаб

* * * Мукъсанабин дир антоним,

Абуни дун «Гь»-ялдасан;

Кьариябин дир антоним,

Абуни дун «ХI»
цебе лъун.   Гьарзаяб – хIалакъаб

Бицанк1аби ч1ваялъул къец.

АхIе
кечIан абидал,

 АхIи
кечIан кIалъалеб,

 КIал
гьечIеб, гьумер гьечIеб,

 Гьаб
щиб кIалъалеб бугеб?  д а н д е р и ж и                                             

  *
** Мармаралъул къаназул

 КъунцIарулеб
лол буго

 –
Нахъасан къедго гьечIеб,

   
 КъватIисан хун толареб.          кI а л м а цI

 *
* * ТIогьилаб, тIарс гIадинаб,

ТIегь
бакъуде буссараб,

ТIегьдаса
буссарабго,

БетIер
гIодой къулулеб,

Борхатаб
хIубиялъул,

 ХIалакъаб
габуралъул,

Барсани,
тIагIам цIакъал

ТIанчIазул
бетIер цIураб.  б а къ д е б у с с

*
* Риидалги кьиндалги

Кьер
жинца хисулареб,

Хасало
гIазда гъоркьги

ГIурччинаб
кьер цIунулеб

ЦIар
щиб гьаб рохьил гъотIол?        н а кI кI и гъ в е
тI

*
* КьагIрил гIужалда хъахIаб,

 Хохол
ригьалда чараб,

Чахъдал
ригьалъ чIегIерлъун,

 ЧIолеб
тIагIам щиб кколеб?      чI е гI е р гь о л о

                             «ПОЛЕ ЧУДЕС»

Хадироялда
магIарулаз абулеб цоги цIар. кьохорхо

ТIипало
тIаде бараб гIадин, гьурмада лъугьунел тIанкIал? Т1унт1ра

НахдатIе
тIехги щван, гьоцIоги жубан, гьабулеб дандежо? Х1алах1о

Берцинаб
махI бахъине, хIарун гъансинибе балеб, гIатIалъе, чайдалъе жубалеб хер? Ташик1о

ТащикIо
хIарун лъугьараб жоялда цIар? Х1енех1

ТIасан
борчIараб релъанхъи? Г1аг1ади

ХIелкил
кочIода цIар? Г1ег1еди

Хехлъиялъул
синоним?г1едег1ел

Жинца
гьоцIо гьабулареб, гьабулезда гъорлъ букIунеб жо? Пухъна

Гьаваялда,
цо бакIалда чIун, хIанчIил боржанхъи? Парпади

ГIатI
ххунеб алаталъул устар? Гьабигьан

Къайи
баччизе санагIалъиялъе хIамида лъолеб тIагIел? Гъалдибер

БухIараб,
лапараб мехалъ чIвалеб лазатаб гьури? Гьогьен

Гъорлъан
сихIир, сусур гIамал? Гъванщу

КьучIго
гьечIониги, гьабулеб гIайиб? Гъвел

ГьитIинабго
гIунгутIи, сакъат?  Гъая

МУХЪИЛЪ РАГIАБИ ХИС-ХИСУН ЛЪУН, НАКУ БЕКИЗАБУРАЛ РАГIАБИ ЖИДЕРГО
БАКIАЗДА ЛЪУН, КОЧIОЛ МУХЪАЛ РУКIАЛИДЕ РАЧИЯЛЪУЛ КЪЕЦ.

РачIазул
квасул хъахIал гIадал сурдул

Бахъана
бихьинкету чанай кIиго.

Гьабизе
жо бащад щвараб кIиялъго,

Щулияб
лъугьана къватIир къотIигун. /ЦI.ХI./

*
* * ГохIил каранда гIужалъ бакъ баккулеб

КартIил
цер цо батана кIусун кIалтIа

Бакъул
паркъолеб салам нуралде кьун,

 Бегун
бугоан балагьун къанщ-къанщун. /ЦI.ХI./

*
* * Мискинаб рукъалъул дун

 Хъизаналъул
бакъараб,

Барав
рукъалда къоно,

Вас
инсул къобухIарав. /ЦI.ХI./

*
* * Мугъги чIван кутакалде

Бихьулищ
пил чIухIараб

 ГIадин
цIунцIраялъ лолен,

 Лъуна
гIодоб битIун цIан. /ЦI.ХI./

* * ВукIинчIин шайих тамаша
Хочбарги,

 ГIурдул
чIван ругел тIохIтIа щайдай асул?

 Гурин
палугьан Гьиматги гIаламат,

 Кварал
рухьараб гьабго кинаб хIалтIи

 ВачIунев
вугин бицунаго гьале

 Гиькъизин
цо жо Гьимат вац ворчIами

 —
ХIисабги гьабун, гьаб дур хIалтIиялъул

ХIайран
жаваб ниж кьеларищ рукIанин. /ЦI.ХI./

Маг1наялда рекъараб цебесеб мухъ хъваялъулкъец.

 *
* *     /____________________, ГIурул лъим цIикIкIун буго.

 *
* * /_____________________, БачIун тIаде щвана их.

 *
* * /_____________________, Харил гIархъал гьарула.

 *
* * /_____________________. ТIалил на боржун ана.

 *
* * /_____________________, ГъутIби руго берцинлъун.

 *
* * /_____________________. Бищун бечедаб заман.

 *
* * /_____________________, Хинаб ретIел ретIана.

 *
* * /_____________________, ТIаде баккула дерец.

 *
* /_____________________. Гьури ццидахун буго.

ХIажатал мухъал: 1. Бакъул хинлъиги босун,

2. МагIарда гIазу биун

3. Квачалъ гьалаг гьабураб

4. ГIазу тIаса унаго,

5. ЦIорораб хасел щведал,

6. Хасалихълъи гьеб буго

7. ГIурччинаб ретIел ретIун,

8. ТIоцебесеб тIогьоде

9. Бецун бакъвараб мехалъ.

Тадбиралъул
ахиралда киналго г1ахьалчаг1аз маг1арулазул гимн ах1ила.

Понравилась статья? Поделить с друзьями:
  • Сочинение лос анджелес на английском
  • Сочинение ляпкин тяпкин в ревизоре
  • Сочинение лопахин представитель времени настоящего
  • Сочинение ляпкин тяпкин 8 класс
  • Сочинение лопахин нежная душа или хищный зверь лопахин