Сочинение на аварском языке бах1арчи

Сочинение

Цlар
лъаларев бахlарчиясе памятник.

Гlемерал
рагъухъабаз рухl кьуна Кlудияб Ватlанияб рагъда. Киназулго гуро цlарал лъазе кlварал.
Гьединал рагъухъаби рикlкlуна араб бакl лъачlого тlагlараллъун. Гlемерал бахlарзал
лъуна цо хобалъур, чlвана цо зани.

Цо-цо
бакlазда гlадатлъун лъугьана «Цlар лъаларев бахlарчиясе» памятникал лъей.
Дунялалда бищун цlар рагlараб памятниклъун лъугьана гьединаздаса Берлиналда
Трептов паркалда бугеб мемориалияб комплекс. Гьеб лъуна 8 маялъ 1949 соналъ
къоазаргоялдаса цlикlкlун Берлиналда рухl кьурал рагъухъабазул хlурматалда. Щуазарго
рагъухъан вукъараб бакlалда бараб гьеб памятник шагьаралъул гlадамазе цlакъ
хиралъана. Гьенив эхетун вуго, гlодобе хвалченги биччан, немцазул яс кодов
ккурав совет солдат. Памятникалъул халалъи буго 30 метра, живго рагъухъан вуго 12
метраялъул борхалъиялда.

Курганалда
тlаде буго болъо. Рагъухъанасда гъоркьехун буго мозаикаялъ къачlараб кlудияб
зал. Къадазда руго рагъухъабазул хабатlа тlугьдул, венокал лъолел батlи-батlиял
халкъазул гlадамазул суратал. Хъван руго Сталиница абурал рагlаби: «…совет
халкъалъ хвасар гьабуна тlолго дунялго». Гьелъ кlудияб бакl ккола халкъалъул
тарихалда» Зал бакьулъ, чlегlераб гамачlалда тlад лъураб тlехьалда, хъван руго
бахlарзазул цlарал. Тlадехун бан буго тlад рубиналги рекьараб орденалъул
формаялда гьабураб хрусталалъул люстра.

Гьеб
памятник баялъе хlужжалъун лъугьана 1945 соналъ Берлиналда ккараб гьадинаб
лъугьа-бахъин:

220
полк букlана рагъде хlадурлъулеб. Цо заманалдасан сихlкъотlиялда гъорлъан рагlизе
лъугьана гlодулей гьитlинай ясалъул гьаракь. Гьелъ нахъаса къотlичlого такрар
гьабулеб букlана «муттер, муттер…» — ан абун. Киналго цоцахъ ралагьана,
рагъухъабазда бичlчlана ясалъ немцазул мацlалда бабаян ахlулеб букlин. Яс
хвасар гьайизе цеве лъугьана сержант Николай Масалов. Гьев ине ккана гуллил цlадалда
гъоркьан, минаби лъураб асфальталда тlасан. Яс йикlана кьода гъоркь, чlварай
эбелалде тlадеги къулун, гlодулей. Хъурщун нахъ вуссине рес букlинчlо, ясги
каранде къан, векеризе кколев вукlана. Гьебмехалъ кумекалъе ратана рагъул
гьудулзаби. Гьел лъугьана минометаз, автоматаз тушманасде кьвагьдезе. Гьелъул
хlасилалда Николайги ясги чlагого часталде рорчlана. 

Нилъеда
киданиги кlочон теларо гьединал Ватlаналъе гlоло рухl кьурал бахlарзал. Гьел
кидаго мисал босулеллъун рукlина бачlунеб гlелалъе.

Дир к1удада Г1умар Г1умаров гьавуна Хунзахъ районалъул Т1ануси росулъ. 1941 соналда гьев х1алт1улев вук1ана росдал колхозалъул бухгалтерлъун. Рагъул ах1и бахъараб мехалъ, Г1умариеги рокъов ч1езе къабуллъич1ого, г1арзаги хъван, жиндиего бокьун фашистаздаса улка эркен гьабизе рагъде ана. Гьесда цадахъ рук1ун руго ц1ар раг1арав коч1охъан, Ч1алдаса Гъазимух1амад, Хунзахъа Малах1усенов Камил, Бакьагьеч1иса Мух1амадх1ажияв ва цоги маг1арул г1олохъаби.

Байбихьуда гьел рагъизе х1адуризе лъабго моц1алъ гуржиязул Кутаиси шагьаралде рит1ун руго. Гьезул командир вук1ун вуго Жунгуталдаса Мух1амад.

Жавабчилъиялде 12 солдатги кьун, Г1умар отделениялъул командирлъун т1амун вуго. Курсал лъуг1арабго, гьеб бук1ун буго т1оцебесеб марталъул къо, г1олохъанал рагъухъаби Украинаялъул фронталде рит1ула. Харьков шагьаралде аск1оре щварабго, рикь-рикьун, бат1и-бат1иял рагъулал частазде ккола. Г1умарида цадахъ вук1ана Унсоколоса Г1абдула. Микьабилеб марталда тушманасде гьужум гьабулаго ккараб г1асияб рагъда, бах1арчилъиялда вагъулаго ч1вала Г1абдула, лъукъула Г1умарил кверги бохги. Немцаз сверун кквеялда х1инкъи бугеб х1алалде ккарал нилъер солдатал, рагъ гьеч1еб рахъалдехун нахъекъалел рук1ана. Чуязул чанагъалдаги рек1инавун, Г1умар рагъул майданалдаса нахъе хъамула. Аск1об бук1инч1о я росу, я жанир ч1езе бак1. Авлахъалда щола гьесие т1оцебесеб медицинаялъулаб кумек, дару гьабуна ругъназе ва вит1ана Воронежалъул госпиталалде. Гьенив гьесда дандч1вала зах1матго квер лъукъарав рагъухъан Унсоколоса Х1амзатов Мух1амадг1али. Гьев, инвалидлъиги ч1езабун, рокъове вит1ана. Г1умарил ругънал Саратовалъул госпиталалда гурони сахгьаризе к1веч1о.

1942 соналъул щуабилеб маялда аскаразул парад къабул гьабизе Саратовалде вач1ана Совет Союзалъул маршал К. Е. Ворошилов. Ч1агояв Ворошилов вихьи Г1умарие бук1ана к1удияб лъугьа-бахъин ва рохел.

Сахлъун хадув Г1умар вит1ана Смоленскалде, лъабабилеб Белоруссиялъул фронталде 58-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 244-абилеб гlapaдабазул полкалъул г1арадаби ц1олев чилъун.

Г1емераб заман бана Смоленск шагьаралъул вокзалалда аск1об оборона ккун, тушманасул гуллица цере риччаларого. Рагъуе бугеб гьунарги х1инкъи-къай гьеч1ого гьужумалъ цеве ине бугеб гъираги бихьун, Г1умар гьенив коммунист партиялъул мухъилъе восула. Жинде гьабураб божилъи лъугьана рагъухъанасе к1удияб рохеллъун.

1943 соналда Г1умарил часталдаса 400 коммунист рехула Сталинградалъул ц1адулаб рагъулъе. Ич1го-анц1го къоялъ г1ахьаллъана гьев г1асиял гьужумазулъ, эркен гьабула Сталинград. Гьениса коммунистал нахъеги Смоленскалде рехула ва жиде-жидер частазде рит1ула. Г1умарил часталъе буюрухъ бач!ана «бакъ баккаралдаса сордо бащалъизег1ан лъалхъизе теч1ого, тушманасде г1арада бай, т1аде к1анц1изе теч1ого, нахъе хъаме» абун. Буюрухъ бергьенлъиялда т1убазабуралъухъ г1арадачаг1азул часталъе кьуна гвардиялъулаб абун х1урматияб ц1ар. Г1умар мустах1икълъана рагъулаб медалалъе.

Пуланаб росулъ ккараб цо рагъулъ г1ахьаллъула Г1умарги 70 гьесул рагъулав гьалмагъги. Сардилъ т1аде к1анц1ун, немцаз гьел киналго гъурула. Г1умарги часталъул командирги гьениса рорч1ула. Рогьалилъ реч1ч1ун бач1араб г1арададул гуллаялъ командирасул бет1ер т1аса босун уна. Бох лъукъун, г1одов ккарав Г1умариде аск1обе командирасул къаркъала гебегун бач1араб мехалъ, гьев рак1 тамахлъун лъугьуна. Гьениса лъабго сордо-къоялъ хъурщула гьев нилъерал ралагьулаго, щола цо росулъе ва росдал г1адамаз госпиталалде щвезавула.

«Минск шагьаралде щолеб цо бак1алда ч1ун бук1ана нижер полк», — ан бицунаан Г1умарица. -Полкалъул командир Чурбин вач1ана немцазул рет1ел рет1арай г1аданги ячун. Данде ах1ун киналго командирзабигун, гьес бицана пуланаб росдал рукъзабахъ немцаз нилъер руччаби х1акъир гьарулел paг1улилан. Ункъ-ункъ чиясдасан къокъаби гьарун, гьеб росулъе рит1ана ниж.

Немцал жанир ругеб бак1ги лъазабун, хъурщун щвана минаялде аск1оре. Цогидазе мисал бихьизабун, чолодасан азбаралъуве т1оцеве к1анц1ана Г1умар. Рагъухъабаз жиде-жидер бак1 ккуна. Г1умар горда гъоркь ч1ана. Командир Зайкиница мал бан нуц1а т1езабула ва рокъобе граната рехула. Бахъараб кьвагьиялъ виххизавурав немцазул офицер, гордухъан гъоркье к1анц1ун вач1уна, Г1умарица гьев бак1алдаго ч1вала. Гранатаялъ ч1ван ватана немцазул ункъо рагъухъан. Ккараб рагъда советиял рагъухъабаз г1емерал немцал ч1вала, хут1арал лъутун popч1ула, тушманасдаса росу эркен гьабула. Нилъеразе щола немцаз гъоркьго тараб мотоциклги, г1емераб ярагъги, квана-гьекъолеб жоги. Гьеб операциялда бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Г1умарие «За отвагу» абураб медаль кьуна.

Тушманасдаса росабиги шагьаралги эркен гьарулаго церехун унел рук1ана советиял рагъухъаби. Цо нухалда полкалъул командирасул заместитель Ростовалдаса Ушаковас, немцазул х1ал-х1укму ц1ехезе разведкаялъ вит1арав лъабго солдатасул цояв вук1ана Г1умар. Немцал ругеб бак1алда г1агарлъухъ гьез гъоркьч1ел гьабуна. Фашистал рохьосан рач1ине кколаан. Хъущт1ун г1одов кколев капитан вихьун, немцаз реч1ч1араб гуллица гьев лъукъула. Г1умарил автоматалъ немцазул к1игояв ч1вала ва цояв лъукъула. Гьес командирлъи жиндего т1аде босула. Ца­дахъ вук1арав к1иявго солдатги тушманасул х1ал-х1укму ц1ехезе вит1ун, лъукъарав капитанги асир гьавурав фашистги вачун, Г1умар жиндирго часталде т1адвуссуна. Гьеб бах1арчилъиялъе г1оло Г1умарие кьуна «Баг1араб ц1ва» орден.

Хъамулаго фашисталгун, советиял рагъухъаби щвана Украинаялъул ракьалде. Фашистаздаса эркен гьабуна Киев. Унел рук1ана г1асиял рагъал. Рагъ гьоркьоб къот1араб мехалъ, тира-сверизе арав Г1умарие, тохлъукьего ватарав лъукъарав немцав штабалде щвезавуралъухъ шапакъат щвана.

Варшаваялдаса рик1к1ад гьеч1еб цо г1урул раг1алда нилъер солдатазда вихьула г1уруца восун унев чи. Х1инкъи-къай лъазе теч1ого г1урулъеги к1анц1ун, Г1умарица хвасар гьавурав чи г1урусав ватула. Хадуб, цоцазухъе кагътал хъван, хвезег1ан гьоркьоблъи хвезе теч1о гьез.

Церехун унаго, гьебго г1урул раг1алда, тушманасул гуллица лъукъула Г1умарил бох. Госпиталалда инвалидлъиги ч1езабун, каранда рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе нуг1лъи гьабулеб медальги бан, 1944 соналда гьев г1агараб росулъе т1адвуссана ва байбихьана ракълилаб г1умру г1уц1изе. 1945 соналда Г1умар вищана г1агараб росдал советалъул председательлъун, щуго соналъ гьабуна колхозалъул председательлъи, х1алт1ана жавабиял хъулухъазда. Кинаб х1алт1уда вугониги, щиб т1ад-къай кьуниги, Г1умарица, рагъдаго г1адин, х1алт1улъги бихьизабуна коммунистасулаб рак1бац1ц1алъиги, х1алт1уде жавабчилъиги, г1адамаздехун бугеб т1алабги, сундулъго бажариги. Масала, 1971 со­налда гьев х1алт1улев вук1ана колхозалъул минаби ралезул бригадирлъун. Гьесул бригадаялъ х1алт1ул план кидаго ц1ик1к1унги т1убазабулаан.

Г1умар вук1ана унго-унгояв жамаг1атчи, жигараб г1ахьаллъи гьабулаан росдал г1умруялъулъ. Г1емер дандч1валаан школалъул ц1алдохъабигун, гъираялда бицунаан рагъул нухазда ккарал бах1арчиял лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ.

Нижер школалъул хасаб альбомалда руго рагъдаса т1адруссарал солдатазул х1акъалъулъ хъварал макъалаби. Дида т1адкъан бук1ана дир к1удада Г1у­маров Г1умарил х1акъалъулъ хъвазе. Бит1ун бицани, дун нечана, гьесул х1акъалъулъ дида лъалеб жого батич1олъиялдаса. Гьесул шапакъаталги инсул имг1алас шагьаралде росун ун ратана. Лъазе к1вана Г1умар Смоленскалда ва Сталинградалда бах1арчилъиялда вагъулев вук1араблъи. Дица бадибч1вай гьабуна инсуеги к1удадаеги. Г1умар ч1аго вугеб заманалда, гьанже г1адин, видео бук1инч1о. Амма бегьулаан, дос бицанщинаб кагътидаги хъван, нижее нахъе ц1унизе. Дица щулияб раг1и кьолеб буго дир к1удада Г1умаров Г1умарил рагъул нухалъул х1акъалъулъ г1ат1идго лъазабизе ва гьелъул бицунеб ч1ух1араб альбом г1уц1изе. Дун ч1ух1ула дир инсул к1удияв эмен Г1умаров Г1умаридаса. Гьес к1удияб бут1а лъуна Ват1анияб рагъда Советияб халкъалъ босараб Бергьенлъиялъулъ.

Х1урматиял рагъул бах1арзал! Г1одое къулун х1урмат гьабула дица нужер бах1арчилъиялъе ва къо х1ехьеялъе. Ахиралда дие бокьун буго, бах1арчияв к1удада рак1алдещвезавун, Бергьенлъиялъул къоялде хъварал гьал коч1ол раг1аби киналго рагъул г1ахьалчаг1азе сайгъат гьаризеги:

Ч1ух1ула дудаса дун, к1удидада,

Г1асияв тушмангун мун вагъаралъухъ.

Эбел-Ват1аналъул эркенлъи ц1унун,

Гьеб бергьенлъиялъулъ бут1а лъуралъухъ.

Дур рагъул нухазул сурат цебеч1ун,

Чвахула бадиса бух1араб маг1у.

Сталинградалъул рагъул бах1арчи,-

Чанги къо бихьана, амма къуркьич1о.

Доб вах1шияб рагъул нуг1зал-дур ругъназ,

Бицуна бук1инч1ин гьениб бигьаго.

Дур гьунарал руго нижей мисаллъун,

Баркала, к1удада, Бергьенлъиялъухъ.

Пат1имат Г1умарова, Т1ануси росу.

метки: Аварский, Ват1ан, Хирияс, Бук1унаро, Рагъул, Удияб, Нилъер, Бугеб

1. Аварадабияталда жаниб К1удияб Ват1анияб рагъул темаялъул к1вар;

2. Ват1аналдехун рокьи ва т1алаб борхизаби;

3. Рагъда хварал бах1арзал рак1алде щвезари;

4. Лъималазул к1алзулаб калам цебет1езаби;

5. Дагъистаналъул адабияталде рокьи бижизаби.

Дарсил алатал:. К1удияб Ват1анияб рагъда хварал дагъистаниязул суратал, Р.Х1амзатовасул вацал. Ахилчилги Мух1амадилги суратал. Рагъул темаялда хъварал т1ахьазул выставка. Компьютер, интерактивияб доска.

Доскаялда дарсил тема.

Эпиграф: «Г1агараб Дагъистан, дур васазул ц1ар,

Ц1алула Европалъ, лъала ракьалда».

Муг1алим: Ассаламу г1алайкум, ц1алдохъаби! Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб дарс. Гьелда абила дарс-сапарилан. Кибеха бухьизе бугеб сапар? Сапар бухьила нилъеца дол г1асиял рагъул 1941-1945 соназде. Бокьилищ дунгун рилълъине?

Дарсил темалъун босун буго халкъияб кици «Ват1ан хириязе хвел бук1унаро». Нужеда жакъасеб дарсида раг1ила Дагъистаналъул ц1ар раг1арал шаг1ирзаби Р. Х1амзатовас, Ц1. Х1амзатица, Г1. Хачаловас ва цогидазги К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ хъварал к1ч1дул.

Цин К1удияб Ват1анияб рагъул бициналде рак1алде щвезарилин гьелде щвезег1ан Дагъистаналда ккарал рагъазул. Рекъав Тимуридасан байбихьун (Гьев нилъеда дандч1вала «Ганч1ил вас абураб» абураб легендаялда), Надир-шагь (дунялалдаго кверщел гьабилин лъугьарав къажар), «Надир-шагь щущахъ виххизави» абураб кеч1алдасан, Шамилил заманалъул г1асиял, къуркьи гьеч1ел рагъал, 25 соналъ халат рахъарал, хадур революцияби, Т1оцебесеб Т1олгодунялалъул рагъал, цинги жакъа бицинесеб, нилъер историялда жаниб жиб ч1ах1ахат1алъ ч1ег1ерго хъвараб К1удияб Ват1анияб рагъ.

Кида байбихьараб К1удияб Ват1анияб рагъ?

Ц1алдохъан: Гьалмагъ маг1арулав, раг1улищ дуда,

Нилъер Ват1аналда т1ад бугеб кьвагьи?

Т1огьл квац1и г1адаб Кавказ мерхьунел

Гитлерил бандазул х1ат1азул т1вапи?

Муг1алим: 1941 соналъ тушман, нахъасан рек1к1ги гьабун нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана. Дол соназда г1умру гьабулев вук1аравщинав чи, (гьит1иналги ч1ах1иялги) рагъул г1ахьалчаг1илъун кколин, гьел кинацаго бергьенлъи г1агарлъиялъе к1варабщинабги гьабунин абила дица. Щайгурелъул, щивасул рукъалъе, хъизаналъе бук1ана х1инкъи, ва советияб халкъалъул багьадураб къеркьеялъе къуватги, жидерго эркенлъиги г1умруги ц1унизе кколеб бук1иналъ кьуна.

7 стр., 3299 слов

Летию Гамзата Цадасы

… Балагье цо жакъа нилъер г1емерисезда к1очон тараб маг1арул мац1алъул гучалъухъ. Яги «Ч1имхигабурлъи» абураб хабаралдаса цо гьит1инаб кесек … творчествоялда жаниб драматургиялъ ц l акъ к l удияб бак l ккола . Жиндир г l умруялда … г1акълуялъул сабругун, кицабазул роценгун, биценалъул берцинлъигун лъугьуна нилъер рак1азулъе, рек1араб, кидаго сунареб г1акълуялъулги, берцинлъиялъулги, г1адатлъиялъулги, …

Гьел кьварарал рагъул соназда хъвадарухъабаздаги общественносталдаги цебе ч1ун бук1ана т1оцебесеб бег1ераб суал: рагъдайищ, тылалдайищ, кир рук1ине кколел? Хъвадарухъанас бит1ахъего рагъулъ г1ахьаллъи гьабизе кколищ? Рагъулъ ч1вазе, хвезабизе кколищ пагьмуги гьунарги?

Улкаялъул х1укуматалъ г1емерисел раг1ул устарзаби рагъде рачунгеян лъазабун бук1ана. Амма маг1арулазул хъвадарухъаби – Урмаса Ражаб Динмух1амаев, Сугъралъа Г1абдулмажид Хачалов ва цогидалги гьелъкхъ балагьич1ого, жидеего бокьун г1арзаги кьун ана тушманасде данде, кодоб къалмида цадахъго ярагъги ккун.

Ц1алдохъан: «Унеб буго рах1му гьеч1еб, киналг1аги цереккун рук1арал рагъаздаса рит1ухъаб рагъ,- ан хъвана доб мехалъ лаказул хъвадарухъан Эфенди Капиевас. – Гьаниб т1аса бищизе жо гьеч1о. Гьанив довег1ан къан ч1езе бегьуларо».

Муг1алим: Дол г1асиял рагъул соназда цоял рагъана туманк1-ярагъгун, цогидалин абуни къалам-ручкагун.

Адабияталъулъ гьел соназда рижарал куч1дузда гьоркьор бищунго цере рехун рихьула х1асратал публицистикиял куч1дул.

  • Кинаб гьеб кколеб публицистикияб къаг1ида?

Ц1алдохъан: Публицистикияб къаг1ида гьеб ккола кагътазул, хит1абалъул бит1ахъего ах1иялъул къаг1идаялда хъварал асарал.

Муг1алим: Гьеб къаг1ида хасиятаб буго бат1аго ц1акъ Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1. Х1амзатие.

Ц1алдохъан: «Рагъде унев васасде»

Нилъер Ват1аналда т1ад к1к1уй бетанин,

Бай черхалда ярагъ, рагъул итарк1о.

Аваданаб г1умро кьалде буссанин,

Кьолой, Агъарах1им, эгъе хъах1аб чу….

Муг1алим: Гьаб коч1олъ буго ах1и баялъул къаг1ида. Гьедин хъвалеб буго Х1амзатица 1941 соналда хъвараб гьаб коч1олъ. Эбелалъул к1алдисан авторас гьел раг1аби абулел руго армиялде унев васасда. Берцинал, пасих1ал, г1акъилал раг1аби руго гьел.

Ц1алдохъан: «Рагъул заем»

Дуе Ват1аналъул бут1а батани,

Тушман нухда лъезе маххул квар бухье,

Ихтияр ц1унизе хиял батани.

Хабалъ гьев вукъизе дагьаб квер бакъе…

Муг1алим: Кинаб къаг1идаялда хъвараб кеч1 гьаб?

Ц1алдохъан: Гьаб буго Ц1. Х1амзатил хит1абалъул къаг1идаялда хъвараб кеч1. Халкъалъе ах1и балеб буго х1урматияб ракьалдаса тушман вачахъизе кумек гьабеян.

Муг1алим: Хит1абалъул формаялда хъварал куч1дул Х1амзатил г1емерал руго: «Ц1унизин намус», «Г1емер лъадахъани- г1ерет1 бекула», «Гитлерил маргьаби», «Эменги васги-рух1ги Ват1анги», «Фронталдаса йокьулелде» ва

Ц1алдохъан: (цебесеб формагун цеве вач1уна)

Ват1аналъе г1оло, халкъалъе г1оло,

Хвалчадул г1оркь ккурал ч1аго хут1айги,

Хирияб партия разилъиялъе

Рух1 бичараб агьлу эркенго таги.

Муг1алим: Сундул х1акъалъулъ хъвараб кеч1 гьаб кколеб?

Ц1алдохъан: Ват1аналда цебе бугеб советиял гражданазул налъиялъул тема рагьулеб буго. Гьеб бухьараб буго Баг1араб Армиялъ къабул гьабураб гьаялда.

Муг1алим: Кинаб гьа бк1араб нилъер халкъалъул гьел соназда?

Рагъул заманалда туманк1 босана,

Тушманасул керен гулбуз босана.

Ракълил заманалда къалам босана,

Къадруял васазе асарал хъвана….

Муг1алим: Гьаб кеч1 буго рагъде арал хъвадарухъабазде гьабураб. 18 сон барав г1олохъанчи Г!. Хачаловги жиндиего бокьун ана фронталде, ва рагъ лъуг1изег1ан тушманасде данде вагъана. (Слайд бихьизабила).

3 стр., 1134 слов

По родному (аварскому) языку «Мой первый шаг к возрождению …

… и науки Республики Дагестан. Сочинение на тему: «Мой взгляд на сохранение родного языка» Номинация «Мой первый шаг к возрождению родного языка». Выполнила Магомедова Патимат Абдулаевна, Учитель родного языка и литературы, МКОУ « … гьеч1ел хъизаназда т1убанго рахьдал мац1 бицунгут1иялде ккун буго иш. Гьел хъизамазул лъималазда рахьдал мац1 раг1улеб буго цох1о авар мац1алъул дарсида. Дир пикруялда, …

Ц1алдохъан: Гьудулзаби, заман гьеч1о ургъизе-

Ирга нилъедеги щун буго гьанже.

Гьабе г1агаразе, росдае къо лъик1,

Къват1ире рахъине Ват1ан ц1унизе.

Ц1алдохъан: «Хваразул ц1аралдасан»

Хвалил пикру гьабизе

Гьеч1о лъиего заман,

Гьалагаб ццидалъ руго

Муг1алим: Гьеле гьедин къисас босана нилъер бах1арчиял васаз тушманасдаса.

Х1акъирлъи баччич1о, рогьо баччич1о

Бет1ер къулун тушман къабул гьавич1о,

Бараб лълъар борхана, лъик1алъейилан,

Ккараб къо баччана, чи лъазейилан…

Г1абдулмажид Хачалов рагъдаса т1ад вуссана бергьенлъиги босун.

Муг1алим: Дун къалмил к1алдисан к1алъалей йиго

Дагъистаниясул къисмат бицине,

Дол балагьал соназ къуркьич1ев гьасул

Рак1алде щвеязулгъамас рагьизе.

Раккизин цойги рагъухъан-хъвадарухъанасул къисматалъул гъансинире (слайд Ражаб Динмух1амаевасул сурат, коч1ол мухъал)

Къо ккун буго т1аде, дир гьудулзаби,

Чу-ярагъ къач1азе, къват1ир рахъ ине.

Рехизе гъуждузде ч1ег1ер буртина,

Паркъезе гьабизе Шамилил хвалчен.

Ц1алдохъан: Ражаб ккола Лаваша районалъул Урма росулъа. Гьев жиндиего бокьун ана рагъде 1943 соналъ. Ккана Украиналъулаб фронталде. Гьев кколаан капитан, батальоналъул комиссар, полкалъул агитатор. Гьев г1ашикъ вук1ана рагъул х1акъалъулъ асарал хъвазе. Рагъдаса рач1арал гьесул кагътал ц1алулаго нилъеда цебе ч1ола гьайбатав инсанасул, рагъухъанасул, патриотасул сипат.

Ц1алдохъан: «Дица г1ахьаллъи гьабич1ого Граждан рагъги лъуг1ич1о, Ват1анияб рагъги лъуг1иларо. Немцазул г1ащт1ичаг1аздаса Ват1ан ц1унизе г1оло дуца щиб гьабурабан бук1инесеб г1елалъ дида гьикъараб мехалъ, гьелъие жаваб кьезе к1веялдаса дун вохарав вуго». (Р. Динмух1амаевас эбелалде хъвараб кагътидаса мухъал).

Муг1алим: Ват1аналда т1аде зах1матаб къо бач1араб мехалъ, рух1алда барахщич1ого х1алт1изе ва рагъизе кколеблъи бихьизабула гьесул нилъее тарал «Т1улакьераб борохь», «Хиянатчи», «Гьа»- г1адал къисабаз.

Инсценировка: (Лъималаз бихьизабила цо гьит1инаб бут1а «Т1улакьераб борохь» асаралдаса).

Ц1алдохъан: Чехьалъул эбелалъ дун гьавилалде

Дунялалъул канлъи дида лъалелде,

Дир талих1 ц1унизе, ц1умаллъун рагъун,

Ц1ар бугел умумуз би г1одоб т1уна.

Муг1алим: Гьал коч1ол мухъазулъ мунагьал чураяв Расул Х1амзатовас рак1алде щвезарулел руго нилъер бах1арчиял умумул, бицунеб буго гьезул къо х1ехьеялъул, нилъер бук1инеселъе г1оло гьез баччараб зах1маталъул. Расулидаги хъинт1ана гьеб рагъул бух1и. Гьесул к1иго к1удияв вац Ахилчи ва Мух1амад хут1ана рагъул байданалда.

Гьел хвей хъизаналъе к1удияб камилъун букIаниги, Расулица гьездаса чIухIун вукIин бихьизабулеб буго гьал кочIол мухъазулъ:

ЦIалдохъан: Гьудул дунги дирго инсул васлъидал,

Инсул ракь цIунизе цIумлъун вагъила,

ЦIикIкIарал вацаца рухIалги ричун,

Дие кьураб рахIат кьеларо лъийго.

МугIалим: Расулил гьал кочIол мухъазулъ рагIи гуллида бащалъулеб буго.

ЛъугIана вахIщияб рагъ. Эркен гьабуна нилъер ВатIан тушманасдаса. Рагъул соназ чIунтун рукIарал росаби ва шагьарал дагь-дагьккун рукIалиде рачIана. Халкъалъ цIияб гIумру гIуцIана. Амма рагъда хутIарал нилъер бахIарзал кIочон теч1о ва тезеги гьечIо. Гьел рехсана, рехсола ва рехсезеги руго жидерго кучIдузулъ, харбазулъ, къисабазулъ гьанжесел поэтазгун хъвадарухъабазги.

5 стр., 2285 слов

Мой родной аварский язык на аварском

… См. также в других словарях: Сочинение по родному (аварскому) языку на тему «Мой первый шаг к возрож … буго гIазу звенит тIенкIел, бегут быстрые ручьи. кинабго сверухълъи ликует ва поет, бохун приходу весны. хас дие дун гIенеккизе хор весенней капели. гьеб … подснежники появляются тIад полянах гьедин цадахъ рекъезеон, дов щинкIизеанин ккола, тIад бухъ-бухъун бицалъулеб хъинцI голубого весеннего неба. …

МугIалим: «ХъахIал къункъраби» кечI лъица хъвараб?

  • Гьеб кечIалъул аслияб магIна щиб?
  • Кинаб тема рагьулеб бугеб кечIалъулъ авторас?
  • Чанабилеб соналъ хъвараб гьаб кечI?

КечI ахIила тIолабго классалъ рекъон.

Дида ккола рагъда камурал васал,

Кирго рукъун гьечIин къанабакь лъечIин,

МугIрул тун рикIкIада хъахIил зобазда

ХъахIал къункърабазде руссун ратилин…

(КечI ахIулаго бихьизабила презентация Р. ХIазатовасул кечI-магIуялъул кьучIалда батIи-батIиял шагьаразда ва росабалъ рарал памятникал).

Дарсил хIасилал гьари:

  • Лъимал, бокьарабищ нужее жакъасеб сапар?
  • Щиб нужеда лъараб жакъасеб дарсида?
  • Дарсил щиб бакI бищунго нужее бокьараб?
  • «ВатIан хириязе хвел букIунаро» абураб темаялда тIасан сочинение хъвазе.

Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда гьоркьоб бищунго к1удияб, хирияб ва г1агараб. К1удияб бугониги гьит1инаб бугониги, гьеб кинабго бараб буго живго инсанасда, гьесул лъаялда, Ват1ан бокьизе, ц1унизе ва бич1ч1изе бажариялда. Гьелде бугеб рокьи данде ккола эбелалде бугеб рокьиялда. Гьадинаб аби буго: «Г1агарай эбел йокьич1есе Ват1анги бокьуларилан». Эбел-эменги Ват1анги нилъер бук1ана нилъ гьарурал, нилъ г1умруялде рач1араб мехалдасанго. Ват1анги, эбел-эменго г1адин т1аса бищуларо. Гьел ккола инсанасе цо нухалда кидагоялъе, г1умрудул ахирисел къоязде щвезег1ан. Нилъер умумузе ц1акъго бокьулаан Ват1ан-Дагъистан ва абулаан «Ват1аналда нилъ гьеч1ониги ч1езе к1олин, амма нилъеда Ват1ан гьеч1ого-киданиги».

Нилъер улка буго Россия. Дагъистаналъ ккола Россиялъул бищунго бакъбаккудехун буссараб бут1а.

Нилъее рес щвана гьадинаб г1ажаибаб ракьалда рижизе. Ч1ух1е, хириял, нуж рижун руго ц1ар раг1араб ва гьайбатаб улкаялда-г1емермиллатазулаб Дагъистаналда.

Тюрказул мац1алдасан буссинабуни «Дагъистан» ккола муг1рузул улка, «даг»-мег1ер, «стан»-улка. Гьеб ц1аралъ жинцаго бицунеб буго, республикаялъул к1удияб бут1а Бакъбаккул Кавказалъул муг1руз ккун бук1ин. Гьеб ккола 70 проценталдасаги ц1ик1к1араб бут1а. Гьениб рорхалъаби рахчула нак1к1азул т1аргъаз, к1к1алабахъ хъудула лъел чвахиял, авлахъазда чилчидула г1едег1ун унел лъарал. Дагъистан ккола Европаги Азияги цолъулеб бак1алде гьоркьобе. Гьелъул г1ат1илъи ккола 50,3 азарго квадратияб километр ва Северияб Кавказалъул бищунго к1удияб республика.

Гьанжесеб Дагъистаналъул ракь, гьелъул рорхатал муг1рузги, гъваридал муг1рузда гьоркьосел чвахиязги, муг1рузул расалъабазги, кьер-кьерал пайдаял маг1даназги лъугьун бач1ана геологияб тарихалда жаниб нус-нус миллион соназ. Дагъистаналъул буго г1ажаибго бат1ияб ракьул г1уц1и. 400 метраялдасаги эхеде унел г1азуцагун ц1ороца рахчарал рорхатал муг1рул т1огьал хисула океаналъул гьумералдасаги гъоркье арал г1ат1идал авлахъаз. Республикаялъул цо бут1а буго Кавказалъул муг1рузда, цогидаб Каспиялда аск1осеб г1одоблъиялда. Гьел ккола щобал, гох1ал, муг1рул, муг1рузда цересел бак1ал.

Бац1ц1адаб гьава, унго-унгоял гьава-бакъалъулал шарт1ал, къанаг1атаб гъвет1-хер-гьел ккола аслиял т1ок1лъабилъун гьеб г1ажаибаб улкаялъул.

11 стр., 5153 слов

На аварском языке риидалил каникулах

… каникул. Но я верю, что следующее лето тоже будет незабываемым! 2. Сочинение на … хIадурал показаться листочки. хIатта ихдалил тIоцересел гьури гуро,- … цадахъ рекъезеон, дов щинкIизеанин ккола, тIад бухъ-бухъун … выделялись на темно-зеленом фоне. Щебетали на своем языке птицы, … их киналго цIикIкIун вступает буго жиндирго права. киналго … появляются тIоцересел ихда цветы. гьеб подснежники. жеги бакI- …

Дагъистан-гьеб «муг1рузул улка» гуребги, «мац1ц1азул улкаги» ккола. Г1емермиллатазулаб цо халкъалдеги сверун, гьелъул ракьалда г1умру гьабун буго чанго анц1-анц1 этносаз.

Гьелъул г1адамал к1алъала 29 бат1ияб мац1алда ва 70 диалекталдагун наречиялда.

Дагъистаналъул т1абиг1аталъул памятникаллъун ккола унго-унгоял культуриябгун г1елмияб ва эстетикияб къаг1идаялъ къимат холарел экологиялъулаб бац1ц1алъи бугел бак1ал. Дагъистаналъул территориялда буго 306 т1абиг1ияб объект, гьездасан 26 ккола республикаялъулаб к1варалъул т1абиг1ияб памятниклъун.

Берцинал бак1ал руго киса-кирго, амма щивав чиясда лъазе ккола кинал г1ажаибал т1абиг1иял бак1ал гьев гьавураб ва г1ураб ракьалда ругелали. Гьединал бак1ал ратула Дагъистаналъул щибаб районалда ва росабалъ.

Хунзахъ район буго муг1рузулаб Дагъистаналда ралъдал гьумералдаса 1900 метралъул борхалъуда. Гьеб бечедаб буго г1ажаибаб берцинал лъел чвахияздалъун. Руганилъар, Илълъалъар, Хундериллъар, Тоботлъар чвахулел бак1аздасан руго чанго г1ажаибго берцинал лъел чвахиял. Гьезда гьоркьобги бищунго берцинаб ва к1удияблъун буго жиндир борхалъи 70 метр бугеб Тоботалъул лъел чвахи. Хасго ч1ах1ияллъун ва берциналлъун рук1уна Хунздерил лъел чвахиял ц1адал ран хадуб. Т1алъиялъул рагьараб бак1алдасан чвахулелщинал лълъималги цолъун, Тобот, Илълъа ва цогидалги лъарал сверула ц1акъго ч1ах1иял чвахелазде. Циндаго цере ратарал чабхил ва ганч1ил гох1алги цадахъ рачун унел лъел чвахиязда т1ад лъугьуна лъел къат1рабазул нак1к1ал ва чвахиязул гьаракьги г1емерал километраз добег1анги раг1ула.

Ц1акъ берцинаб лъел чвахи буго Сивухъ росдада аск1обег1анги. Гьеб чвахула 50 метраялдасаги ц1ик1к1араб борхалъудасан. Г1одобе чвахулеб лъим сверула гьалдолеб полопалде. Ц1акъго к1удияб къуваталда рортун рач1унел г1исинал къат1раби сверула хъах1аб лъел х1урул нак1к1азде. Лъел чвахиял берцин рихьула бакъ щвараб мехалда, гьел къат1рабазда реч1улел бакъул ч1ораз лъугьинабула г1емеркьеразулаб нур.

Риидал гурел, хасалоги берцин рук1уна лъел чвахиял. Гьезул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго машгьурав учитель-т1абиг1ат лъазабулев С. Д. Г1алиевас: «Хасало к1ич1-к1ич1арал к1к1алал къот1абазда далдалун рук1уна ч1ах1иял, гъорлъан канлъи бихьулел зобил кьераб гугьар гъорлъ бугел ц1унк1улук1ал, гъоркьан т1адейин абуни, гьезда данде рач1унел рук1уна т1огь бег1ерал, конусалда релъарал ц1орол х1убал. Лъел ч1ах1иял къат1раби, ц1унк1улук1азда т1асанги чвахун, гьел х1убазда т1ад реч1ч1ула ва къвак1арал х1убазда т1ад щварал гьездасан аза-азар кенч1ераби лъугьуна. Хасалил бакъ кенч1олеб заманалда ц1орол ц1ураб ц1олбокь к1к1алалъул кьураби кенч1езе лъугьуна нуралъулаб кунч1иялда, т1убараб гьеб к1к1алалъулго лъугьун бач1уна г1ажаибаб хаслъи».

Т1абиг1ияб берцинлъилъун ккола Хунздерил т1алъи Дагъистаналда бищунго борхатаблъун рик1к1унеб. Гьеб буго ралъдал гьумералдаса 1700-2200 метралъул борхалъиялда. Гьелъул халалъи буго 25 километр, г1еблъи 8-10 км, борхалъи 2 километр. Г1аммаб къаг1идаялъ босани, т1алъиялъ ккола 250 км 2 г1ат1илъи. Г1уц1иялъул рахъалъ босани, Хунзахъ платоялъул ракьул г1уц1и релъуна т1аса г1одобе балагьараб бит1араб авлахъалда, гъваридал к1к1алабазда, гох1азда, щобазда, хъит1азда.

Севериябгин-востокалъул рахъалдасан платоялде сверун буго Т1анусдерил бал, югалъулгин-востокалъул рахъалдасан гьеб ккола Г1акаромег1ералъ, Востокалдасан Тобот лъаралъ ва Ц1олокь к1к1алалъ. К1к1ал байбихьула Хунзахъ хъалаялъул къадаздасан, лъуг1ула Шамил районалъул, Гьолокь росдада аск1об, Авар Койсуялъул раг1аллъабазда. К1к1алалъул г1аммаб халалъи бахуна 22 километралде, цо-цо бак1алда гьоркьохъеб борхалъи 1-4 километрги буго. Хунзахъ росдада аск1осан юго-востокалдехун к1к1алал гъварилъи бахуна 100-ялдаса 1000-1200 метралде щвезег1ан.

Хунздерил т1алъиялда ругел бищунго ц1ик1к1араллъун кколел Тобот, Илълъла, Хунздерил лъарал берцинал чвахияздеги сверун уна Ц1олбокь к1к1алахъе. Гьезул борхалъи бахуна 50-80 метраялде.

Ц1акъго г1ажаибаблъун ккола районалда Моч1охъ х1ор лъугьинги. Гьелда абула ихица лъугьинабураб х1орилан.

1963 соналъул 28 сентябралда Т1анусдерил балалъан, муг1рузул тайпаби ц1акъго риччун рук1иналдалъун, гьезул ц1айи ц1ик1к1ун бук1иналда бан, мег1ералъул к1удияб кесек т1ун бач1уна. Т1ун бач1араб мег1ералъул к1удияб бут1а 7 къоялъ хъущт1ун бач1унеб бук1ана секундалда жаниб 2-3 метраги тун. Микьабилеб къоялъ гьеб бортула Моч1охъ лъаралъе к1удияб гьаракьги сверухъе бахъинабун. Лъар т1аг1ана, гьелъул бак1алда лъугьана 1250 метр халалъиялъулги, 400 метра г1еблъиялъулги, 40-50 метралда гъварилъиялъулги бугеб х1ор. Х1ориниб бугеб лъел хинлъи ц1ик1к1араблъун лъугьана гьединалго муг1рузул х1оразда жаниб бугелдаса (+ 20 градус).

Рик1к1унеб буго ракьулъан рач1унел хинал лъинал журан ратилин гьелде гъорлъеян. Мач1хъадерил х1оралъул ц1ар машгьурлъун буго жиндир берцинлъиялдалъун гуребги, сверун бугеб т1абиг1аталъул гьайбатлъиялъги. Гьениб нилъеда ратула Белый Амур, Толстолобик форель ччуг1а. Хасало х1орда т1ад ч1вала бицатаб ц1ер ва муг1рузул лабаллъабаздасан г1ажаибго берцинго бихьула.

Дир росу Харахьиги буго т1абиг1ат берцинаб, гъвет1-хер, г1и-боц1и гьарзаял муг1рузул лабаллъабазда гьоркьоб. Росдал Югалъулаб рахъалдасан чвахулеб буго Х1ебда-Реч абураб лъар. Гьелъул байбихьи буго Цабари мег1ералъул бакъбаккул рахъалдасан.

Лъаралда Х1ебдайилан ц1ар лъун буго гьелда аск1об бижулеб х1ебетилан абулеб хералъул ц1аралдасан. Лъарал халалъи буго 17-23 километр. Х1ебда-Реч буго ц1акъ к1ич1-к1ич1ун бач1унеб лъар ва гьеб жубала Г1андиг1орулъе, хадубккун Сулахъалъулъе.

Лъар уна Гьенк1к1елт1а, Лъаг1илухъ, Харахьи, Мущули росабазул ракьалдасан. Цогидал муг1рузул лъаразулго г1адин, Х1ебда-Речалъул буго бат1и-бат1ияб г1еблъи. Цо-цо бак1алдасан гьелъул г1еблъи буго 7 метр, цогидалъусан-10 метр, лъабабилелъусан 20 метр, ункъабилелъусан-30-35 метр, цо-цо бак1аздасан 50-70-100 метрагицин. Ихдалги, хасалихъеги Х1ебда-Реч лъар лъугьуна г1емерлъим бугеблъун ва хъудулеблъун, жиндирго нухда-батараб кинабго хъамун, чурун унеблъун. Риидал лъим дагьлъула ва т1убараб г1еблъиялда чвахун уна. Цо-цо бак1аздасан т1убанго лъим бихха-хочун уна, цогидал бак1аздасан г1иц1го гъварилъаби ц1езарула.

Дир гьит1инаб Ват1ан-Харахьи росу бечедаб буго иццаздалъунги: Гъоркьияб Къулг1а, Т1асияб Къулг1а, Зайирбегил ицц, Х1акимил ицц, Каримиласул ицц ва цогидалги.

Инсанасе лъим х1ажат бук1уна рук1а-рахъиналдаги, росдал маг1ишаталда г1и-боц1уеги. Лъим х1ажалъула дунялалда бугебщинаб ч1агоябщиналъе, производствалъул бут1абазда.

Гъоркьияб Къулг1адухъ бугеб лъималда сверухъ гьадин бицуна росдал г1адамаз:

-Анц1ила ич1абилеб г1асруялда Имам Шамилица ц1унана Дагъистан гьеб бахъизе рач1унездаса. Рагъулал ишал унелъул, Имам Шамил вач1уна Харахьи росулъе. Гьеб заманалда росу бук1ана дин-исламалъул церехъабазул данделъаби т1орит1улеб центрлъун. Гъоркьияб къулг1адухъ цогидал диниял нухмалъулелгун вач1араб мехалда, Шамил Имамлъун вищула. Росдал г1адамаз бицуна гьеб ицц Имам Шамилица г1одоб т1ил кьабг1араб бак1алда лъугьараб бугилан.

2010 соналда росдал г1адамаз гьеб ицц ц1идасан къач1ана. Гьеб иццул лъим рик1к1уна г1адамазул бохх-квач1алъе даруяблъунги.

Районалъул т1абиг1иял памятникал гьел ккола Дагъистаналъул т1абиг1ияб ирсалъул к1вар бугел чит1ираллъун. Гьединлъидал х1ажат буго гьел хайир кьоледухъ х1алт1изаризе, ц1унизе.

14 стр., 6838 слов

Ансамбль Московского Кремля

… московского Кремля Рассмотреть историографию вопроса, связанную с изучением московского Кремля. Проанализировать художественные особенности данного памятника архитектуры. Объект и предмет исследования. Объектом является архитектурный ансамбль московского Кремля … художественную славу Кремля, определяющие эстетическую ценность и своеобразие его облика. … метров и толщину от 3 до б метров. В центре Кремля …

Щивав районцоясе х1ажат буго экологияб лъай ва культура борхизабизе, районалъул г1ажаибго берцинаб т1абиг1аталде рокьи бижизабизе ва гьеб ц1унизе.

Ругьунлъе т1абиг1аталде к1вар буссинабизе, х1исаб гьабе нилъеда сверухъ бугеб г1адатияб гуребщиналъул, рек1елъ ц1уне т1абиг1аталъул берцинлъи, бищунго аслияб-бокье ва ц1уне гьеб. Т1абиг1атин кколеб щивав чиясул г1агараб рукъ. Дуцайин гьениб г1умру гьабизе бугеб, Дуцайин гьеб ц1унизе кколеб.

Загьра Дайтова, Харахьи гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница.

9 декабралда Россиялда, 2007 соналдаса байбихьун, г1адатлъун лъугьун буго Ват1аналъул Бах1арзазул къо к1одо гьабилъун.

Гьеб къоялъ цоги нухалда рак1алде щвезарула бах1арчиял ишаздалъун халкъалъул тарихалда лъалк1 тарал г1адамал.

Рагъул г1ахьалчаг1азул рак1алде щвеяздасан, журналистазул ц1ех-рехаздасан нилъеда лъала чан мустах1икъав дагъистаниясе бат1и-бат1иял г1иллабаздалъун Бах1арчиясул ц1ар щвеч1ого хут1арабали. Гьел х1ужабазул ахир-къадги лъик1аб х1асил ккеялде жакъаги божилъи холаро.

Жакъа Дагъистаналъул чан вугев Совет Союзалъул, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи абураб суалалда т1асан цо-цо ц1акъго г1орхъолъа рорч1арал «рит1ухълъиялъул рахъ ккураз», цогидаз гьеч1елги жидер бах1арзал ругин ч1езабулеб заманалда, щаклъи рехизабула ругездеги.

Гьединлъидал киналго бах1арзазул ц1арал, гьезул г1умруялъул нухал ва суратал ралагьун, гьабураб х1алт1ул х1асилалда гьезул х1акъалъулъ т1ехь х1адур гьабуна ва гьеб басмаялде бахъана. Щварал баяназда рекъон, Дагъистаналдаса вахъун вуго 75 Совет Союзалъул, 102 Социалистияб Зах1маталъул ва 37 Россиялъул Бах1арчи.

Совет Союзалъул 75 Бах1арчиясде т1аде нилъер руго «Рагъулаб рецц» орденалъул лъабабго даражаялъе мустах1икълъарал, жал Бах1арзазда ращад гьарулел микьго чиги. Пал–х1асил,   нилъер Совет Союзалъул Бах1арзазул къадар бахуна 83 чиясде. Гьелдаса нилъ ч1ух1аралги руго.

Т1олабго улка, Дагъистан ч1ух1араб буго Гъуниб районалъул Мох1об росулъа Баренцово ралъдалъ букъун хьвадулеб гамил командир Мух1амад Х1ажиевасдаса. К1удияб Ват1анияб рагъда гьесул нухмалъиялда гъоркь гамил экипажалъ, 1942 соналъул 13 июлалда тушманасул        лъабго гама гъанкъизабуна.

Совет Союзалъул Бах1арчи, ралъдал авиациялъул летчик Юсуп Акаевас т1аг1инаруна тушманасул 70-ялдасаги ц1ик1к1ун лъедолел алатал.

Совет Союзалъул Бах1арзаллъун т1оцере рахъарал дагъистаниял ккола 1939 соналъул ноябрь моц1алда — Николай Жердев (вукъун вуго Батаюрт росулъ), 1941 соналъул августалда – Мах1ачхъалаялдаса Дмитрий Кузнецов, 1942 соналъул июналда — Мах1ачхъалаялдаса Леонид Гальченко.

Дагъистаналъул ва татаразул халкъазул вакил Амет-Хан Султан к1иц1улго вахъана Совет Союзалъул Бах1арчилъун (1943 ва 1945 сонал).

Дагъистанияз бах1арчилъи бихьизабуна Гитлерил фашизмаялдаса цогидал улкаби эркен гьарулаго ккарал рагъазулъги. Лак районалъул Чит1ур росулъа Х1асан Камаловас 1945 соналъул 26 апрелалда унго-унгояб бихьинчилъи бихьизабуна тушманасдаса Италия хвасар гьабулаго. Гьев ккола Италиялъул Бах1арчиясул меседил ц1ва каранда барав, гьеб улкаялъул миллияв бах1арчи. Гьеб ц1ва барав солддатасе, Италиялъул законалда рекъон, генералас честь кьезе ккола.

Хулисма росулъа Кущаев Х1осен вахъана Франциялъул миллияв бах1арчилъун. Гьесие 1943 соналъул ноябралда Франциялда партизаназул рагъулъ Гитлерил генералгун цадахъ рагъулаб часталъул штаб кверде босиялъе г1оло кьуна «Бах1арчиясул г1аламат» хъанч.

Афгъанистаналда бук1араб рагъулъ г1ахьаллъарал Россиялдаса 66 чи вахъана Совет Союзалъул Бах1арзаллъун, гьезул 23-ясе гьеб ц1ар кьуна хун хадуб. Гьезда гьоркьов вуго Белиджиялдаса Исрафилов Г1абасги.

1988 соналъул 21 декабралда Совет Союзалъул Бах1арчилъун вахъана нилъер ракьцояв, лётчик-космонавт, СССРалъул спорталъул мастер, полковник Муса Манаровги. Гьес космосалда бана, г1аммаб куцалда, 541 сордо-къо.

1941-1945 соназул рагъул бах1арзазул бицунаго, к1очене бегьуларо командирзабаз х1адурги гьарун, хадуб полказул, дивизиязул корпусазул, армиязул командующияз тасдикъги гьарун, Совет Союзалъул Бах1арчиясул ц1арал кьезе фронталъул штабалде рит1ун рук1арал, амма бат1и-бат1иял г1иллабаздалъун гьел кьеч1ого хут1арал 24 дагъистаниясул къисматги. Гьезда гьоркьор рук1ана Советияб Армиялъул офицерзаби ва мухъилал солдатал. Гьезул ц1ик1к1арасезе кьуна «Бах1арчилъиялъе г1оло» медалазде г1унт1ун шапакъатал.

Жакъа 37 дагъистанияв ккола Россиялъул Бах1арчи. Дагъистаниязда гьоркьов т1оцебе авиациялъулаб техникаялъул х1албихьиялъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло гьеб т1адег1анаб ц1аралъе 1992 соналъул ноябралда мустах1икълъана Мух1амад Т1олбоев. К1удияб Ват1анияб ва Афгъанистаналда ккарал рагъазулъ бихьизабураб гьунаралъе г1оло гьеб т1адег1анаб ц1ар кьуна Дахадаев районалъул Худуц1 росулъа Мух1амад Х1амзатовасе (1997) ва Ц1унт1а районалъул Гениялъ росулъа Нух1идин Х1ажиевасе (1997).

1999 соналъул август-сентябралда террористазде данде къеркьей гьабулаго ккарал рагъазулъ, ракълилал г1адамал малъич1ого, ч1вана 279 солдат ва офицер, лъукъана 800-г1анасев чи. Гьениб бихьизабураб бихьинчилъиялъе г1оло, 7 дагъистаниясе кьуна «Россиялъул Бах1арчи» абураб ц1ар.

Нилъ руго ц1акъ зах1мат бокьулел г1адамал. Зах1маталъул бергьенлъабиги г1емерал руго нилъер халкъазул. Гьединлъидал г1ажаиблъи гьабизе бач1унаро Дагъистаналда Социалистияб Зах1маталъул 102 Бах1арчи ва «Зах1маталъул Реццалъул» лъабабго даражаялъул орденазул 2 кавалер вук1иналдаги. Гьезда гьоркьор руго 23 ч1ужуг1аданги. Гьездасан жакъа ч1аго руго к1игоял: Бавтугъаялда йигей Ч1охъа Г1исалова Аминат (1936) ва Мах1ачхъалаялда г1умру гьабун вугев Хунзахъа Махулов Мух1амад (1915).

Рагъулъ ва зах1маталъулъ г1емерал бах1арзал рахъин буго Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб щулияб гьудуллъи бук1иналъул х1асилги. Лъик1аб бук1инаан, г1олеб г1елалъе тарбия кьолаго, нилъеца гьезул мисалаздасан хъизамалда жанибги школалдаги пайда босани.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Батирай «Бах1арчиясул х1акъалъулъ»- 6 кл.

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна

Лологонитль.2016г.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Батирай «Бах1арчиясул х1акъалъулъ»- 6 кл.

Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.

Лологъонилъ. 2016 с.

Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

— Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ авторас бах1арчиясул сипат- сурат рагьун бугеб куц бихьизаби.

— Батирайил творчество г1ат1идго рагьи. Революциялда цебехун г1умру гьабулел мискинзабазул г1умруялъул х1акъалъулъ, Батирайил творчествоялъул кьуч1алда, бит1араб х1асил гьабизе малъи.

  1. Лъай цебет1еялъул:

— Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

— Ц1алул бажари цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

– Бах1арчиясул ях1- намусалъул к1одолъи, гьесул гьунаралъул г1ат1илъи, рух1ияб дунялалъул бечелъи бихьизаби.

-Бах1арчилъи маг1арулазул чилъи борцунеб аслияб роцен бук1ин бихьизаби.

-Чиясе къимат, г1амал- хасияталъухъ, гьесул ишазухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

— Бах1арчилъиги ях1- намусги лъималазулъ куцай.

— Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.

Дарсил алатал: т1ахьал,суратал, ребусал, компьютер, кицабазул таблица.

Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи.

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Революциялда цебехун г1умру гьабулел мискинзабазул г1умру;

б) Батирайил г1умрудул нух;

в)Рек1елгъеялъулаб грамматика, тема рагьиялъе ребус

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) кицабазул маг1на рагьи ;

в) Батирайилалда къисмат релълъарал поэтал- хъвадарухъаби;

г)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи:

— Мах1мудил г1умруялъул нух.

— «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»(рек1ехъе).

  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Революциялда цебехун г1умру гьабулел мискинзабазул г1умру.

Лъимал, киг1ан лъик1аб г1умру гьанже нилъер бугеб. Росдал г1адамазухъ балагье нуж. Рукъ гьеч1ев чи гьеч1о, вакъарав чи гьеч1о, ц1ализе рес буго, рек1ее бокьараб махщел бищизе рес буго… Амма кидаго гуреб гьедин бук1араб. Бук1ана ханзабазул, бечедазул зулму- х1ал ц1ик1к1араб заманги, гьез мискинзаби зарукь къараб заманги. Сундулго ихтияр бук1ана гьезул хъатикь. Мискинзабаз бет1ер борхизе биччалароан гьез. Мискинзабазул бук1ана ц1акъго язихъаб, х1акъираб г1умру. Доб заманаялъ социалияб бащалъи бук1инч1олъи кколеб буго г1адамазул талих1къосиналъе г1иллалъун.

б) Батирайил г1умрудул нух.

Жакъа нилъеца бицине буго даргиязул бищуго машгьурав поэтасул. Гьесда абула даргиязул поэзиялъул эменилан.

— Лъалищ нужеда гьев?

— Г1умарил Батирай.

— — Бит1ун буго, лъимал. Гьев ккола Г1умарил Батирай.

Батирайил к1удияб махщел бук1ана куч1дул гьаризеги ах1изеги. Берцинаб, бац1ц1адаб, роц1араб гьаракьалъ Батирайица ах1улел куч1дуз г1енеккарал пана гьарулаан. Гьес ах1улеб бук1ана г1умруялъулъ гьеч1еб рит1ухълъиялъул, мискинзабазул язихъаб г1умруялъул, бечедазул зулму- х1алалъул, бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ, гьединлъидал бечедазе гьев вокьулароан. Амма мискиназе бокьулаан Батирайил коч1охъ г1енеккизе.

Бечедаз батирайие кеч1 гьабизе гьукъана. Кеч1 ах1анщинахъе, цо- цо оц г1ак1аде бахъизе х1укму гьабуна. Г1ак1аде бахъизе боц1и хут1уларо Батирайил. Коч1охъ г1ащикъал г1олохъабаз, г1арацги дандбан, босула г1ак1аде кьезе оц. Бечедазда бич1ч1ула Батирайил кеч1 къот1улареблъи. Гьез гьев росулъа вачахъула. Г1умруялъул ахирал сонал гьес т1амула Ал- махьи абураб колода.Гьенив колода хола Батирай. Росдал хабалалъ вукъизеги виччаларо бечедаз гьев. Къосарав «далайчи» хваралъувго вукъизе кколилан абула гьез.

в) Рек1елгъеялъулаб грамматика, тема рагьиялъе ребус

,, ,

н=ч

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей (словарияб х1алт1и).

Хинкъуч- трус,

ц1ук1амах1ав- х1алихьатав,

рогьо- бугьтан,

игит- багьадур, бах1арчи,

даимаб- кидагосеб

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

— Кинаб заманаялда г1умру гьабулеб бук1араб Батирайица?

— Кинаб г1амал- хасияталъул чи вук1арав Батирай?

— Сундул х1акъалъулъ куч1дул ах1улел рук1арал Батирайица куч1дул?

— Щай гьев бечедазе рихарав вук1арав?

— Батирайил г1умру балагьалде свериялъе г1илла?

— Гьал раг1аби кин рич1ч1улел?

а) Бах1арчияв инсуе

Х1инкъуч- вас гьавугеги,

Гьес инсул тушбабазе

Жаваб кьезе кколелъул.

Ц1ук1амах1ав инсуе

Бах1арчи гьавугеги,

Инсул рогьоги ничги

Гьес борхизе кколелъул.

б) Ц1ар раг1арав бах1арчи

Хабалалъ вукъуларо,

Багьадурасе зани

Нухлул раг1алда ч1вала.

Г1умруги гьесул къокъаб,

КЪоло щуйилъе щвараб,

Яги тушманас ч1вала, яги Сибирь къот1ула.

— Хъвараб къаг1идаялде балагьун, кинал куч1дул ругел?

Аллитерация бате.

— Эпитетал рате.

-Дандекквеял рате.

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

— Бах1арчи цоц1ул хола, х1алихьат нусц1ул хола.

Бах1арчилъиги намусги к1иябго цадахъ бук1унеб, цояб билани, хадуб цоябги унеб.

Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1ван лъик1.

— Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1ван лъик1.

в) Батирайилалда къисмат релълъарал поэтал- хъвадарухъаби руго жеги.

Эльдариласе загьру кьола.

Г1анхил Маринил к1ал букъизе буюрухъ кьун бук1ана.

Кочхюралдаса Саг1идил берал рахъана.

Йирчи Гъазахъ Сибиралде вит1ана.

Мах1мудие йокьарай яс щоларо…

— Цоги гьезул релълъараб рахъ щиб бугеб? (кьвари, къвак1и, х1инкъи- къай гьеч1олъи, г1аданлъи, ях1- намус, лебаллъи)

— Бит1ун буго.Гьездаса нилъ ч1ух1изе ккола. Гьел руго унго- унгоял г1адамал, щай гурелъул гьез къулич1о х1алихьалъиялъе бет1ер.

г)асаралъул идея рагьи.

— Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

— Бах1арчилъи буго чилъи борцунеб роцен. Маг1арулазул бидулъ бессун буго бах1арчилъи. Х1алихьалъиги зулму- х1алги гьез х1ехьоларо. Тушманасе наку ч1ваялдаса хвелго т1аса бищула. Бах1арчиясул ц1ар кидаго к1очонаро.Инсанасда рекъон бук1унаро х1алихьалъи. Х1алихьатав чиясе г1адамаз наг1ана кьола. Ях1- намусалда рогьодул т1анк1 хъвазе тезе бегьуларо.

  1. Рокъобе х1алт1и.

Бищун пасих1ал коч1ол мухъал рек1ехъе лъазаре.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

👋 Привет Лёва
Середнячок

40/250

Задать вопрос

патя14

+10

Решено

6 лет назад

Русский язык

1 — 4 классы

Помогите пожалуйста написать Сочинение на тему Рагъул бах1арзаби на аварском языке

Смотреть ответ

1

Комментарии

патя14

Помогите пожалуйста Написать Сочинение на тему Рагъул бах1арзаби на аварском языке а потом перевести на русский язык

Ответ

1
(1 оценка)

2

Ангелина98594

Ангелина98594
6 лет назад

Светило науки — 3 ответа — 0 раз оказано помощи

что????????!!!!!!!!!!!!!!

(1 оценка)

https://vashotvet.com/task/11175651

UCHEES.RU — помощь студентам и школьникам


В 5:54 поступил вопрос в раздел Русский язык, который вызвал затруднения у обучающегося.

Вопрос вызвавший трудности

Помогите пожалуйста написать Сочинение на тему Рагъул бах1арзаби на аварском языке

Ответ подготовленный экспертами Учись.Ru

Для того чтобы дать полноценный ответ, был привлечен специалист, который хорошо разбирается требуемой тематике «Русский язык». Ваш вопрос звучал следующим образом:

Помогите пожалуйста написать Сочинение на тему Рагъул бах1арзаби на аварском языке

После проведенного совещания с другими специалистами нашего сервиса, мы склонны полагать, что правильный ответ на заданный вами вопрос будет звучать следующим образом:

Что????????!!!!!!!!!!!!!!

——————-

НЕСКОЛЬКО СЛОВ ОБ АВТОРЕ ЭТОГО ОТВЕТА:

Работы, которые я готовлю для студентов, преподаватели всегда оценивают на отлично. Я занимаюсь написанием студенческих работ уже более 4-х лет. За это время, мне еще ни разу не возвращали выполненную работу на доработку! Если вы желаете заказать у меня помощь оставьте заявку на этом сайте. Ознакомиться с отзывами моих клиентов можно на этой странице.

Осипова Лайма Макаровна — автор студенческих работ, заработанная сумма за  прошлый месяц 61 777 рублей. Её работа началась с того, что она просто откликнулась на эту вакансию

ПОМОГАЕМ УЧИТЬСЯ НА ОТЛИЧНО!

Выполняем ученические работы любой сложности на заказ. Гарантируем низкие цены и высокое качество.

Деятельность компании в цифрах:

Зачтено оказывает услуги помощи студентам с 1999 года. За все время деятельности мы выполнили более 400 тысяч работ. Написанные нами работы все были успешно защищены и сданы. К настоящему моменту наши офисы работают в 40 городах.

РАЗДЕЛЫ САЙТА

Ответы на вопросы — в этот раздел попадают вопросы, которые задают нам посетители нашего сайта. Рубрику ведут эксперты различных научных отраслей.

Полезные статьи — раздел наполняется студенческой информацией, которая может помочь в сдаче экзаменов и сессий, а так же при написании различных учебных работ.

Красивые высказывания — цитаты, афоризмы, статусы для социальных сетей. Мы собрали полный сборник высказываний всех народов мира и отсортировали его по соответствующим рубрикам. Вы можете свободно поделиться любой цитатой с нашего сайта в социальных сетях без предварительного уведомления администрации.

ЗАДАТЬ ВОПРОС

НОВЫЕ ОТВЕТЫ

  • Абадзехская стоянка, Даховская пещера. ..
  • По закону сохранения заряда каждый шарик после соприкасl..
  • 2)прогудел первый мохнатый шмель 3) Зазвенела Прогудел 4) ..
  • В мілкій траві ворушаться сліди веселих, сполоханих доще
    ..

ПОХОЖИЕ ВОПРОСЫ

  • Знайти сторони прямокутника,якщо їх різниця дорівнює 23дм,а діагональ прямокутника…
  • Помогите написать От имени колхозника описать жизнь послевоенной деревни, к городским…
  • Синтаксический разбор.Срочно! Чопорный черт в черной шелковой одежонке сидел ** жестком…
  • Напишите сочинение ** тему если бы у меня появились сапоги скороходы

Площадка Учись.Ru разработана специально для студентов и школьников. Здесь можно найти ответы на вопросы по гуманитарным, техническим, естественным, общественным, прикладным и прочим наукам. Если же ответ не удается найти, то можно задать свой вопрос экспертам. С нами сотрудничают преподаватели школ, колледжей, университетов, которые с радостью помогут вам. Помощь студентам и школьникам оказывается круглосуточно. С Учись.Ru обучение станет в несколько раз проще, так как здесь можно не только получить ответ на свой вопрос, но расширить свои знания изучая ответы экспертов по различным направлениям науки.


2020 — 2021 — UCHEES.RU

Понравилась статья? Поделить с друзьями:
  • Сочинение на аварском рагъул магъалоялъул бак1лъи
  • Сочинение на аварском дир дагестан
  • Сочинение на 9 мая по русскому языку
  • Сочинение на 600 слов
  • Сочинение на 5000 слов