Сочинение на аварском языке дир росу

ГКОУ РД «Дарада-Мурадинский лицей

 Гергебильского района»

Проект:

 «Дир гьитIинаб улка – Дарада-Мурада»

ХIадур гьабуна: 6 кл. цIалдохъан, Хизриева Патимат МухIамадовна.

          Руководитель:  авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим,                                           

                                
            Махова Гьидаят ГIашуралмухIамадовна.        

2018 с.

Байбихьи.

Дир росу. Гьеб к!иябго раг!иялъ куркьбал
гъоларев инсанго вук!унев ватиларо. Гьеб гьит!инаб Ват!аналъ т!орит!ула нилъ
к!удияб Ват!аналъул г!ат!илъабазде. Нилъер щивав ч!ух!ула жидерго росдадаса,
щивасда ккола гьеб дунялалдаго бищун ц!акъаб т!ок!аб бугилан, гьенир ругин
бищунго лъик!ал г!адамалилан.

Бищунго къвариг!араб (актуальность): Аби буго, унго-унгояб къаг!идаялъ Ват!ан
бокьизе ккани , гьеб лъазабизе кколин абураб. Ват!аналде рокьийин абуни
байбихьула росдадасан, г!агараб ракьалдасан, гьелъул жакъасеб ва араб г!умру
лъазабиялдасан.Аварагасул х!адисги бугелъул : «Ват!ан бокьи инсанасул иман
буголъиялдасан буго»,- ян абураб.

Проекталъул мурад: Х!акъикъияб умумузул Ват!ан лъазе гьаби, росдал тарих лъай,
Ват!аналде ва гьит!инаб улкаялде рокьи ц!ик!к!изаби.

Аслияб бутIа.

ЛъарагIан абула  цIоран  абула

ЦIино  дунялалъул  Дарада  буго

Гьава-бакъ  рекъараб, ракI  хIайранлъулеб

ХIикматаб  бакI  буго  гьаб  тIалъиялда.

«Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росу
»

Инсул мирк, умумузул мина —
гьелъул кавудухъан, гьеб хъалаялъусан т!амула щивав инсанас т!оцересел галаби
г!умруялде,г!ат!идаб дунялалде.

Къисматалъул нухазда, бигьаял
гурел свералабаздагун сухъмахъазда чиясда к!очене бегьуларо г!ураб росу,
умумузул къайи-свери, авалаб бац!ц!алъи. Гьеб ц!униялъ ва к!очонтунгут!иялъ
к!одо гьавула инсан, квербакъула зах!малъаби къезаризе, къуват кьола церелъурал
мурадал т!ураялъе, анищазде щвезе.

Хъвалеб буго дица рек!елъ
ч!ух!игун

Дирго росдал берцинлъи нужой
рагьизе,

Муг!руз сверун ккураб.т!абиг!ат
берцин,

Мунг!ан бац!ц!адаб бак! кибго
батич!о

Дир х!асратги, шавкъги, къуватги,
кеч!ги

Кинабго дуе сайгъатлъун кьола

Дир умумузул ракь Дарада-Мурада

Чанги г!акълу т!ок!ал
учительзабаз

Чанги лъай бергьарал
тохтурзабазги

Чанги росдал намус жинца ц!унарал

Васазги ясазги ц!ун буго росу.

Дун йижараб ракь Дарада-Мурада

Гьоболлъи хирияб нижер жамаг!ат,

Дун нужедаса ц!акъ ч!ух!арай
йиго.

 Дица г!умру т!амулеб буго
Гъизилюрталъул зонаялъул Каспиялъул г!одоблъиялда. Дида г!емер раг!улеб бук!ана
бицунеб к!удадацаги к!одоэбелалъги гьаб ниж жанир ругеб росу г!уц!анин, араб
г!умруялъул 30- соназ,х!акъикъияб нижер умумузул Ват!ан кколин Хьаргаби
районалъул Дарада-Мурада росуйилан.

Х!акъикъаталдаги гьаб росу
г!уц!изе нижер умумузда бихьун буго к!удияб г!акъубаги, баччун буго г!емераб
зах!матги. Гьекъезе бац!ц!адаб лъимги гьеч!еб, чехь г!орц!изег!ан кваназе квенги
гьеч!еб, жанир ч!езе ракьулъ рухъун гьарурал хъощал гурони рукъзалги гьеч!еб,
гьаб г!ат!иракьалда ц!идасан яшав гьабизе расги бигьаго бук!ун гьеч!о гьезие.

Бит!ахъе абуни, гьаб
г!ат!иракьалда г!уна к!удияб росу 250 ц!араки жаниб бугеб. Гьит!инасда,
к!удиясда, ц!алдохъабазда ц!ехани мун кисайилан, гьез лъалхъич!ого, к!удияб
гъираялда жаваб кьола дун кколин Дарада-Мурадасайилан. Абич!ого кинха телеб
цоясул эбел Мурадаса ятани, эмен Дарадаса кколелъул, гьелъул г!аксалда эмен
Мурадаса ватани , эбел Дарадаса кколелъул.

Лъалеб жо буго, унго-унгояб
куцалда Ват!ан бокьизе ккани, гьелъул х!акъикъияб тарих лъазе ккола лъик!аб
куцалда.

Дарада-Мурадисезул тарих
мукъсанаб гьеч!о, г!емер бечедаб буго.

1945 аб. соналъ Дарада-Мурада
росу ана территориалияб ва административияб куцалда ц!ияб г!уц!араб Хьаргаби
районалда гъорлъе , гьеб мех щвезег!ан гьеб росу бук!ана Дагъистан АССРалъул
Гъуниб районалде гъорлъе.

Гьаб «Дир гьит!инаб улка —
Дарада-Мурада» абураб проекталда т!ад х!алт!и байбихьилалде ,дие чара гьеч!ого
х!ажат бук!ана гьелъул кьолболъанго тарих лъазе. Гьеб мурадалъе    г!оло,
нижеца х!укму гьабуна дирго руководитель Гьидаят Г!ашуралмух!амадовнагун цадахъ
нижерго г!агараб Хьаргаби районалъул    Дарада-Мурада росулъе щвезе ине.

Гьеб ккола дир г!умруялда жаниб
т!оцебесеб ц!акъ пайдаяб экскурсия.                       Ниж ана Россиялдаго
бищунго жиб халатаб 4304 метр бугеб Унцукуль районалъул тоннелалдаса, 2012
абилеб соналъ жиб х!алт!изе биччараб.

Нижеца байбихьана экскурсия нижерго
умумузул ракь Г!урухъ-майданалдаса. Г!урухъ-майдан абиялъул маг!на ккола г!орда
аск!об бугеб майданилан аби. Гьеб майдан буго ц!акъ бихьизе берцинал гьайбатал
ахбазаналъул ва мокьрол ахал ругеб бак!.

«ГIурухъ-майдан»

Гьел ахал г!езаризе к!удияб
квег!енлъи ва санаг!алъи бук!уна аск!об бугеб Гъуниб ГЭСалъул      плотинаялдаса
.

Ниж щвана Хьаргаби ГЭСалдеги. Гьеб
плотинаялъул борхалъи 57, 7 м.               Гьеб буго 1940 аб. соналъул 25
сентябралда Дагъистаналда жиб т!оцебе бараб ГЭС.

Дарада-Мурадисезул ракьал
байбихьула квег!исан, Къаралазул гъойсу г!оралъул раг!аллъиялдасан. Росулъе нух
буго дунялалда жаниб жиндир к!удияб маг!на бугеб Георгиевский кьода т!асан.
Гьеб кьоялда буго лъабго бат!ияб ц1арги. Баг!араб кьойилан абуниги, Селдерил
кьоян абуниги, Георгиевскийилан абуниги гьеб цо маг!наялде бач!унилан хъвалеб
буго Дагъистаналъул бак!азул г!адлу лъалев Булач Х!ажиевас.

«БагIараб кьо»

Дарада-Мурада росдал г!адамазул
г!умруялъулъ ккараб машгьураб лъугьа-бахъинлъун ккана Имам Шамилил
гьариялдалъун дунялалдаго ц!ар раг!арав Петербургалъул медицинаялъулаб
хирургияб академиялъул профессор Николай Иванович  Пирогов росулъе вач!ин.

Николай Иванович Пирогов

 Бищун ц!адулъ босун Кавказалъул
рагъ бугеб Шамилил заманалда вач!уна росулъе Пирогов, гьесул гьениве
вач!иналъул аслияб мурадлъунги бук!ана рагъул майданалда наркоз х!алт!изабун,
операциял гьари ва гьеб наркозалъул х!албихьи гьаби.Гьеб наркозги х!алт!изабун,
Н.И. Пироговас нилъер имамасе,хирияв наибасе медицинаялъулаб кумек гьабула.

Н.И. Пирогов рагъул
майданалда

Дагъистаналда Пироговас
х!алт!изарулел рук!арал алатал жакъа къоялъги Мах!ачхъалаялда бугеб
Дагъистаналъул пачалихъияб краеведческияб музеялда ц!унун руго.

Гьединго росдал годек!аналдаса
г!емер  рик!к!ад гьеч!о мемориалияб хъарщи, жинда т!ад гьадинаб хъвай-хъваг!ай
бугеб «1928 соналъ  гьаб минаялда жаниб лъалхъи гьабуна Михаил Иванович
Калининица». Гьев гьаниве вач!иналъул г!иллаги бук!ун буго Дагъистаналъул
муг!рузул берцинлъи бихьизе г!оло.

  Дарада-Мурадисезул аслияб
х!алт!и-пишалъун  ккола ахихъанлъи. Гьениб бач!ин гьарзаяб пихълъун рик!к!уна
ахбазанги микьирги.Хаслихъе нахърателалъе бакъвазабула курак. Гагаги къват!иб
бахъун, т!охда бакъвазе   бараб куракалъ , риидал рик!к!адаса балагьун
дарада-мурадисезул т!охал т!огьилкьераллъун рихьула.

 Дарада-Мурадисезул аслияб
маг!ишат цебет!езабиялъе квербакъи гьабуна г!емерал медалазул ва орденазул
кавалер ,лъебералда щуго соналъ росдал колхозалъе  председательлъи гьабурав
мунагьал чураяв Нажмудинов Халит Мух!амадовичас. Гьес к!удияб к!вар кьолаан ах
г!езабиялде ва росдал маг!ишатияб рахъалде.

Нажмудинов Халит
жиндирго лъади ПатIиматгун.

Гьединго т!ок!аб х!урматалдалъун
ва къиматалдалъун росулъ гурев районалдагицин к!одо гьавула зах!маталъул
ветеран, К!удияб Ват!анияб рагъул г!ахьалчи, Дагъистаналъул мустах!икъав
учитель Т!агьиров Т!агьир Лат!ифович. Гьев вук!ана Дагъистаналъул
хъвадарухъабазул членлъун ва г!емерал т!ахьазул авторлъунги. Рагъул темаялде
хъварал гьесул т!ахьал Дагъистаналъул ц!алдолезда гьоркьор машгьурал руго.
Гьединго гьес хъвараб «Г!ажаибав к!удада» абураб литературияб асаралъ бицунеб
буго Дагъистаналде Калинин вач!иналъул.

Лъайщвеялъул ва лъайкьеялъул
рахъалдеги к!удияб к!вар кьола дарада-мурадисез.Гьединлъидал росулъе щвараб
мехалъ , дие бокьана нижерго умумул ц!алараб мактаб бихьизе.Гьелъие ниже кумек
гьабуна школалъул директор Раджабова Султанат Рамазановнаялъ.Гьелъ нижее баян
гьабуна росулъ г!елму цебет!еялъе, доб араб г!асруялъул   50- абилел соназ
Дагъистаналъул киналниги росабалъе г!адин нижер Дарада-Мурадеги рач!ун
рук!анилан г!урус муг!алимзаби ва гьез тарихалъулъ нижер росуцоязе нахъе
танилан  жидерго рахъалъ лъик!ал рак!алдещвеял. Гьабсаг!аталдаги халкъалда
к!очон гьеч!о Сталининградалдаса яч!арай г!урус мац!алъул учительница Шипулина
Екатерина Степановна, гьединго Воронежалдаса яч!арай математикаялъул
учительница Харитонова Зинаида Михайловна. Султанат Рамазановнаялъ бицана росдал
г!адамал гьездаса ц!акъ рохун рук!анилан, гьез лъималазе лъай кьеялда цадахъ
тарбияги кьунилан, бат!и-бат!иял г!адаталги , культураги малъанилан, ва цоги
гьелъ абуна гьел учительзабаз рагьанилан ц!алдохъабазе г!урус адабияталде нух,
лъазе гьарунилан Лермонтовасул, Пушкинил , Толстоясул, Репинил асарал ва гьел
асаразулъ бугеб г!урус культураги маданиятги.

Гьединго, кидаго сабурав,
ц!одорав, г!акъилав, 20 соналъ жинца школалъе нухмалъи гьабурав Х!ажиев
Мух!амад Х!ажиевичасул ц!ар росуцояз х!урматалда рехсолеб бугоан. Гьев ккола
т!оцебе росулъ т!адег!анаб лъай босарав. Къваридаб замана бугониги, гьес росдае
бан кьуна кинабго оборудованиеги жаниб бугеб микьгосонилаб школа.Гьев вук!анин
бицуна г!акъилав, бергьараб лъаялъул инсан.

Дун ц!алулей, г!одоблъиялда бугеб Дарада-Мурада
хъутаналъул лицеялъул муг!алимзабазги, к!удияб х!аракат бахъула жидер
ц!алдохъабазда росдал тарих лъазабиялъе. Г!ун бач!унеб г!елалда
к!очонтунгут!изе , ва росу цебет!еялъе квербакъи гьабурал росуцоял лъазе
бук!иналъе г!оло, нижер лицеялъул директор Г!алиев Юсуп Г!алиевичас к!удияб
к!вар кьуна «Къадруял росуцоял» (Знатные односельчане) абураб стенд данде
гьабизе.

Гьаб стендалда руго
Дагъистаналдаго ц!ар раг!арал тохтурзабиги, Дагъистаналъул мустах!икъал
учительзабиги, Ват!анияб рагъул г!ахьалчаг!иги, зах!маталъул ветераналги,
Дагъистаналда гурелги Россиялдаго бергьенлъи босарал спортсменалги. Ниж киналго
дарада-мурадисел гьездаса ч!ух!ула, ва нижее г!ун бач!унеб г!елалъе, гьел
рук!ина абадиялъго мисаллъун.

ХIасил гьаби.

Нилъеда т!адаб налъи ккола
нилъер инсул росуги, г!адатги, тарихги ц!уни ва лъай. Гьел ц!унулездаса мисалги
босун, т!аде бач!унеб ц!ияб г!елалъухъе гьеб щвезабиги.

Жидер умумул рижараб ракьалде
х!асратаб рокьи гьеч!ев инсанасе,дир х!исабалда, гьаб дуниялалда г!умру гьабизе
кутакалда зах!матго бук!ина. Дие дир умумузул росу ц!акъ кутакалда бокьана, гьенир
ругел г!урччинал байдаби, бац!ц!адаб гьава, ц!орораб иццул лъим…

Гьаб проекталда т!ад х!алт1и
гьабулаго, дида жегиги лъик!го  дирго росдал бечедаб тарихги лъана, росу
цебет!езабизе квербакъи гьабурал, къимат т1ок!к!ал дарада-мурадиселгун
лъай-хъвайги ккана. Дун  кутакалда ч!ух!арай йиго дирго росуцояздаса, щиб
ц!ехон аниги жидеца мурад т!убалел, гьобол-гьудуласул адаб ц!ик!к!арал. Дица
дирго росдае гьарула щибаб къоялъ т!адеялдаса т!аде берцинлъи , т!егьай ва
кинабго лъик!аб щинаб.

Проект хъвалаго, пайда босараб
литература.

1. Г- 37. «Хьаргаби район — 70 сон»:Т!ехь-альбом.-Мах!ачхъала
«Издательство «Лотос»,2014.

2. «К!удияб
Дагъистаналъул энциклопедия»- С.М. Нурмух!амадов.

3.
«Муг!рузул Дагъистан»- Ахмедханов К.Э., 1971.

На чтение 13 мин. Просмотров 74

Сочинение на аварском языке дир росу

Гьент1а кола дунялалдаго машгьураб Гьидерил росабаздаса цояб, гьанже Шамил районалъул г1уц1иялда гьоркьобе унеб. Гьидерил росаби ккола гьединго Г1урада, Т1идиб, Лъах, Мач1ада, Х1отода, Хучада ва Нак1икь.

Гьидерил росаби ц1акъго ц1акъ нек1сиял рук1иналъе далиллъун ккола археологиял х1алт1аби гьарулаго гьезул сверухълъабазда чанго бат1иял ракьул гъатазда гьоркьор ратарал ч1ваданалги, бат1и-бат1иял заманаялъул т1аг1елалги, ганч1азда ругел хъвай-хъваг1аялги. Ва гьединго, т1олго Дагъистаналъул тарих лъазабиялъе к1вар бугеблъун ккола «Гьидерил г1адатал» абураб т1ехь. Гьеб ц1игьабун хъван буго 1660 соналъ, гьелдаса цебе бук1аралъул кьуч1аб х1акъикъат лъалеб гьеч1о. Гьелда жаниб баянго загьир гьабун буго Гьидерил росабазул г1урхъи-ракьазул х1акъалъулъ, сверухъ ругел росабигун, Хундерил ханлъиялъулгун ва цогидазулгун ругел къот1и-къаялги, г1адлу-низамалъул х1укъукъалги. Гьеб киналъго баян гьабула Гьидалъ цебегоялдаса нахъе цебет1ураб, жиндирго х1укмабазда мугъч1вай гьабураб эркенаб вилаят бук1иналъе.

Нек1сияб Гьент1а росу бук1ана т1абиг1аталъго щула гьабураб бак1алда: к1иго рахъалъан чваххулел хехал лъаралги цолъун, кьурабаз рачел къараб лъабок1оналда. Гьеб релълъунаан киналго нек1сиял маг1арул росабиго г1адин мина-къоно цояб цоялда хурхун бараб борхатаб муг1елалда.

Художник Е. Е. Лансереяс 1913 соналъ рахъарал дирго нек1сияб росдал суратал рихьараб мехалъ рек1ее бицун х1ал к1олареб асар лъугьуна. Гьезухъ балагьун гьанже-гьанжеги бер г1орц1уларо дир. Милъиршабазул бусаби г1адин кьурабазул каранда расарал рукъзалги, хехаб Кололъаралде т1аде къулараб Г1алилазул соги, рагъида сундаялиго квалквадулев херавги+ Гьеб киналъухъго к1вар кьедал черхалда сири бала ва рак1алде ккола дун гьеб г1агараб нек1сияб росулъ вугин абун, гьенир рук1арал раг1ул маг1на гъваридал умумулги, намус-ях1 бац1ц1адал г1олохъабиги ракьул чохьонир гурел дир хьолбохъ ругилан.

Абизе к1ола, гьел цересел г1елазул маг1наги, гьезул берцинаб т1абиг1атги, кьварараб г1амалги, гьезул рак1азул ц1аялги, ц1одораб балагьиги, гьобол-гьудул хиралъиги, намус-ях1алъул къвак1иги дир росуцоязул гьаналъги бидулъги бессун бугилан.

Росуялъе Гьент1а абун ц1ар кьеялъе бат1и-бат1иял х1ужаби руго. Бищунго кьуч1аблъун ккола «гьениб т1ад» абураб маг1на. Щай абуни Гьент1а ккола Гьидероил росабазул бищун т1адег1ан бугеблъун. Гьанже нек1сияб росулъ цересел рукъзал хут1ун гьеч1о к1иго-лъабго гурони, росдал к1удияб бут1аги цоги авалазда буго. Амма цересел г1асрабазул тарихалъеги, гьенир рук1арал лебалал умумузул къвак1иялъеги, гьезул рах1ат гьеч1еб г1умруялъеги нуг1лъи гьабулеб г1адин, жеги щулаго эхетун буго щулалъул си. Гьелъул борхалъи гьанже ункът1алаяб минаялъул г1адаб гурони гьеч1о. Харабаз бицуна гьеб гьанжеялдаса к1иго нухалъ борхатаб бук1анилан.

Гьент1а росу буго х1икматго т1абиг1ат берцинаб бак1алда. Щивав чиясда берцин бихьула жиндирго ват1анги, жиндирго умумузул ракьги, амма Гьент1аве щварав чи асирлъула гьелъул т1абиг1аталъе. Цебегоялдаса нахъе аби буго «ич1го лъарги лъеберго иццги бугеб Гьент1а росу» ян. Росу бикь-бикьун буго чанго авалалде муг1руздаса чваххулел рац1ц1адал лъараз лъугьинарурал рикьалабаз. Щибаб авалалдаги, росдал сверухълъиялдаги руго г1емерал ракьулъа рец1ц1улел ц1орорал, цаби ц1унизарулел иццал. Киналго рахъалъ росу сверун руго умумуз г1ет1ги т1ун гьарурал хурзалги, харибак1алги. Росдал т1арадаса байбихьула махилги, гьорилги, нак1к1илги рохьал, рохьазда т1адехун т1огьолал байдабиги г1ат1идал муч1дулги+

Дие бищунго рокьула г1агараб Гьент1а хаслихълъиялъул къоял. Борхалъудаса балагьараб мехалъ росу сверун меседил рачел къан бугин ккола т1огьиллъарал махил рохьаз. Бац1ц1адаб гьаваялъги, маг1ардасан пулеб гьогьомаб гьуриялъги, лъаразул чвахиялъги, къец бан ах1улел х1анч1азул бакъназги асир гьавула дун росулъе щварав щиннахъе. Кибниги щоларо гьаниб г1адаб гьуинаб макьуги, раг1уларо гьаниб г1адаб рек1ее г1агараб каламги, батуларо гьаниб г1адаб гъасда хинлъиги, т1аг1амаб квенги, щоларо черхалъе гьаниб г1адаб рах1атги, рух1ияб бечелъиги.

Исламияб дин Гьидалъе щвана 1475-1476 соназ, т1оцевесев гьидерил бусурбанчи Мач1адаса Х1ажи-Удуратидасан. Исламалъул кьуч1 щулалъун хадуб гьидерица сверухълиялдаго дин т1обит1иялъе к1удияб х1аракат бахъана. Жакъа къоялъ лъалездасан ккола Гьидалъа 80 к1удиял г1алимзабазул ц1арал. Аллагьасул ц1обалдалъун гьидерил ракьазда 13 валиясулги 20 шейхасулги зияратал, зьезда гьркьосан анлъгояв ккола т1арикъаталъул устарзаби. Гьент1аса рахъарал гъваридаб лъаялъул г1алимзабаздасан ккола Байбун-Дибир, Чакаразул Мух1амад, Сарак-мух1амад, Г1арада-Г1абдула, Бахухало(Мах1мудил Мух1амад) ва цогидалги.

Росдал аслияб бет1ербахъи кидаго бук1ана г1и-боц1и хьихьиялда хурхараб, гьелдаго цадахъ ракь х1алт1изабиги.

Руго дир гьит1инаб ват1аналъул тарихалда сонал свераниги сахлъуларел ругъналги, кулак гьарун рачахъаразул рак1гъанц1улел къисматалги, ракъиялъул зах1матал къоялги, зах1матал унтабазул кьог1лъиги, бидулал рагъъазул къоялги. Амма къуркьич1о ва мук1урлъич1о. Гьент1асезул 45 бах1арчи хут1ана К1удияб Ват1анияб рагъул байдабазда, нахъ руссаразулги ахирисев исана Аллагьасул къадаралде щвана.

Жакъа къоялъ Гьент1а ккола т1егьалеб ва цебет1ураб росу. Росдай ва гьелъул т1алабазе к1вар кьолел, бажарараб кумекги х1аракатги гьабулел чаг1иги г1езег1ан г1емерал руго, гьездаса Аллагьги разилъаги.

Жакъасеб тарихалъул кьерги бечедаб буго г1елмиял лъаязул докторазулги кандидатазулги, дунялалъул чемпионалъун рахъарал спотсменазулги ц1араздалъун, росдал къиматги лъалел, гьелъул ц1арги маг1арул ях1-намусги кире жал къисматалъ реханиги ц1унулездалъун.

***
Мун г1адаб берцинаб ракь цоги гьеч1ин,
Рогьалилъ х1анч1аца къецбан ах1ула.
Х1еренаб гьогьомаб гьороца дие
Дур берцинлъиялъул къойил бицуна.

***
Гьанир чундуз ц1урал рохьалги руго,
Муг1рухъан чвахулел лъаралги руго,
Чабхилъан рец1ц1улел иццалги руго,
Бац1ц1адаб ц1орораб гьаваги буго.

***
Гьанир кьуру г1адал г1олилал руго,
Кьурул ц1умал г1адал умумул руго,
Намус-ях1 бичич1ел, чилъи рехич1ел
Росу берцинлъулел ясалги руго.

Источник

Проектная работа на аварском языке «Дир гьит!инаб улка- Дарада-Мурада»

ГКОУ РД «Дарада-Мурадинский лицей

«Дир гьитIинаб улка – Дарада-Мурада»

ХIадур гьабуна: 6 кл. цIалдохъан, Хизриева Патимат МухIамадовна.

Руководитель: авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим,

Махова Гьидаят ГIашуралмухIамадовна.

Дир росу. Гьеб к!иябго раг!иялъ куркьбал гъоларев инсанго вук!унев ватиларо. Гьеб гьит!инаб Ват!аналъ т!орит!ула нилъ к!удияб Ват!аналъул г!ат!илъабазде. Нилъер щивав ч!ух!ула жидерго росдадаса, щивасда ккола гьеб дунялалдаго бищун ц!акъаб т!ок!аб бугилан, гьенир ругин бищунго лъик!ал г!адамалилан.

Проекталъул мурад: Х!акъикъияб умумузул Ват!ан лъазе гьаби, росдал тарих лъай, Ват!аналде ва гьит!инаб улкаялде рокьи ц!ик!к!изаби.

ЛъарагIан абула цIоран абула

ЦIино дунялалъул Дарада буго

Гьава-бакъ рекъараб, ракI хIайранлъулеб

ХIикматаб бакI буго гьаб тIалъиялда.

«Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росу »

Къисматалъул нухазда, бигьаял гурел свералабаздагун сухъмахъазда чиясда к!очене бегьуларо г!ураб росу, умумузул къайи-свери, авалаб бац!ц!алъи. Гьеб ц!униялъ ва к!очонтунгут!иялъ к!одо гьавула инсан, квербакъула зах!малъаби къезаризе, къуват кьола церелъурал мурадал т!ураялъе, анищазде щвезе.

Хъвалеб буго дица рек!елъ ч!ух!игун

Дирго росдал берцинлъи нужой рагьизе,

Муг!руз сверун ккураб.т!абиг!ат берцин,

Мунг!ан бац!ц!адаб бак! кибго батич!о

Дир х!асратги, шавкъги, къуватги, кеч!ги

Кинабго дуе сайгъатлъун кьола

Дир умумузул ракь Дарада-Мурада

Чанги г!акълу т!ок!ал учительзабаз

Чанги лъай бергьарал тохтурзабазги

Чанги росдал намус жинца ц!унарал

Васазги ясазги ц!ун буго росу.

Дун йижараб ракь Дарада-Мурада

Гьоболлъи хирияб нижер жамаг!ат,

Дун нужедаса ц!акъ ч!ух!арай йиго.

Дица г!умру т!амулеб буго Гъизилюрталъул зонаялъул Каспиялъул г!одоблъиялда. Дида г!емер раг!улеб бук!ана бицунеб к!удадацаги к!одоэбелалъги гьаб ниж жанир ругеб росу г!уц!анин, араб г!умруялъул 30- соназ,х!акъикъияб нижер умумузул Ват!ан кколин Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росуйилан.

Х!акъикъаталдаги гьаб росу г!уц!изе нижер умумузда бихьун буго к!удияб г!акъубаги, баччун буго г!емераб зах!матги. Гьекъезе бац!ц!адаб лъимги гьеч!еб, чехь г!орц!изег!ан кваназе квенги гьеч!еб, жанир ч!езе ракьулъ рухъун гьарурал хъощал гурони рукъзалги гьеч!еб, гьаб г!ат!иракьалда ц!идасан яшав гьабизе расги бигьаго бук!ун гьеч!о гьезие.

Лъалеб жо буго, унго-унгояб куцалда Ват!ан бокьизе ккани, гьелъул х!акъикъияб тарих лъазе ккола лъик!аб куцалда.

Дарада-Мурадисезул тарих мукъсанаб гьеч!о, г!емер бечедаб буго.

Гьеб ккола дир г!умруялда жаниб т!оцебесеб ц!акъ пайдаяб экскурсия. Ниж ана Россиялдаго бищунго жиб халатаб 4304 метр бугеб Унцукуль районалъул тоннелалдаса, 2012 абилеб соналъ жиб х!алт!изе биччараб.

Нижеца байбихьана экскурсия нижерго умумузул ракь Г!урухъ-майданалдаса. Г!урухъ-майдан абиялъул маг!на ккола г!орда аск!об бугеб майданилан аби. Гьеб майдан буго ц!акъ бихьизе берцинал гьайбатал ахбазаналъул ва мокьрол ахал ругеб бак!.

Ниж щвана Хьаргаби ГЭСалдеги. Гьеб плотинаялъул борхалъи 57, 7 м. Гьеб буго 1940 аб. соналъул 25 сентябралда Дагъистаналда жиб т!оцебе бараб ГЭС.

Дарада-Мурадисезул ракьал байбихьула квег!исан, Къаралазул гъойсу г!оралъул раг!аллъиялдасан. Росулъе нух буго дунялалда жаниб жиндир к!удияб маг!на бугеб Георгиевский кьода т!асан. Гьеб кьоялда буго лъабго бат!ияб ц1арги. Баг!араб кьойилан абуниги, Селдерил кьоян абуниги, Георгиевскийилан абуниги гьеб цо маг!наялде бач!унилан хъвалеб буго Дагъистаналъул бак!азул г!адлу лъалев Булач Х!ажиевас.

«БагIараб кьо»

Дарада-Мурада росдал г!адамазул г!умруялъулъ ккараб машгьураб лъугьа-бахъинлъун ккана Имам Шамилил гьариялдалъун дунялалдаго ц!ар раг!арав Петербургалъул медицинаялъулаб хирургияб академиялъул профессор Николай Иванович Пирогов росулъе вач!ин.

Николай Иванович Пирогов

Бищун ц!адулъ босун Кавказалъул рагъ бугеб Шамилил заманалда вач!уна росулъе Пирогов, гьесул гьениве вач!иналъул аслияб мурадлъунги бук!ана рагъул майданалда наркоз х!алт!изабун, операциял гьари ва гьеб наркозалъул х!албихьи гьаби.Гьеб наркозги х!алт!изабун, Н.И. Пироговас нилъер имамасе,хирияв наибасе медицинаялъулаб кумек гьабула.

Н.И. Пирогов рагъул майданалда

Дагъистаналда Пироговас х!алт!изарулел рук!арал алатал жакъа къоялъги Мах!ачхъалаялда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб краеведческияб музеялда ц!унун руго.

Гьединго росдал годек!аналдаса г!емер рик!к!ад гьеч!о мемориалияб хъарщи, жинда т!ад гьадинаб хъвай-хъваг!ай бугеб «1928 соналъ гьаб минаялда жаниб лъалхъи гьабуна Михаил Иванович Калининица». Гьев гьаниве вач!иналъул г!иллаги бук!ун буго Дагъистаналъул муг!рузул берцинлъи бихьизе г!оло.

Нажмудинов Халит жиндирго лъади ПатIиматгун.

Гьединго т!ок!аб х!урматалдалъун ва къиматалдалъун росулъ гурев районалдагицин к!одо гьавула зах!маталъул ветеран, К!удияб Ват!анияб рагъул г!ахьалчи, Дагъистаналъул мустах!икъав учитель Т!агьиров Т!агьир Лат!ифович. Гьев вук!ана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул членлъун ва г!емерал т!ахьазул авторлъунги. Рагъул темаялде хъварал гьесул т!ахьал Дагъистаналъул ц!алдолезда гьоркьор машгьурал руго. Гьединго гьес хъвараб «Г!ажаибав к!удада» абураб литературияб асаралъ бицунеб буго Дагъистаналде Калинин вач!иналъул.

Гьединго, кидаго сабурав, ц!одорав, г!акъилав, 20 соналъ жинца школалъе нухмалъи гьабурав Х!ажиев Мух!амад Х!ажиевичасул ц!ар росуцояз х!урматалда рехсолеб бугоан. Гьев ккола т!оцебе росулъ т!адег!анаб лъай босарав. Къваридаб замана бугониги, гьес росдае бан кьуна кинабго оборудованиеги жаниб бугеб микьгосонилаб школа.Гьев вук!анин бицуна г!акъилав, бергьараб лъаялъул инсан.

Гьаб стендалда руго Дагъистаналдаго ц!ар раг!арал тохтурзабиги, Дагъистаналъул мустах!икъал учительзабиги, Ват!анияб рагъул г!ахьалчаг!иги, зах!маталъул ветераналги, Дагъистаналда гурелги Россиялдаго бергьенлъи босарал спортсменалги. Ниж киналго дарада-мурадисел гьездаса ч!ух!ула, ва нижее г!ун бач!унеб г!елалъе, гьел рук!ина абадиялъго мисаллъун.

Нилъеда т!адаб налъи ккола нилъер инсул росуги, г!адатги, тарихги ц!уни ва лъай. Гьел ц!унулездаса мисалги босун, т!аде бач!унеб ц!ияб г!елалъухъе гьеб щвезабиги.

Жидер умумул рижараб ракьалде х!асратаб рокьи гьеч!ев инсанасе,дир х!исабалда, гьаб дуниялалда г!умру гьабизе кутакалда зах!матго бук!ина. Дие дир умумузул росу ц!акъ кутакалда бокьана, гьенир ругел г!урччинал байдаби, бац!ц!адаб гьава, ц!орораб иццул лъим…

Источник

Хирияб росу…

ГIагараб Къабахчоли,
Къадруяб инсул тIалъи,
Дур ганчIил къватIахъ тана
Дица гIанчIаб лъимерлъи.

Вас дуй рикIкIалъун вугин
Дуца гIайиб гьабуге,
Амма дуй бакI кидаго,
Каранлъ кIудияб буго.

Къад жан унтула мунан,
Къас ракI ссудула мунан,
Мун кIоченчIо даимго
Дида, дир Къабахчоли.

КIутIбузда хутIун буго
Дур иццазул лъел геми,
Мискинав чанги пакъир
Гьелда чед чун кванарав!

Дий керен цIун босизе
Бокьун буго дур гьава,
Унтарав чан чиясул
Чорхое сахлъи кьураб.

Дур гIадал лъачIо дида
ТIагIам гьуинал пихъал.
Жеги мацIалда буго
Дур гIеч- генидул геми.

Дица кирго кваначIо
Дур гIадал гьанал хинкIал.
ЧIучIухаб махарадухъ
Даим урхъун вугеб куц!

Гьеб махара дур ясаз
Сажалда тIамулеб куц!
Гьелъул махI чIани гIела-
КваначIого гIорцIула!

Даим урхъун вуго дун
Дур къватIахъ чу бачине.
Хехаб айгъиралда тIад
ТIолго росу сверизе

Гьакидаги рекIун ун
Рохьоса цIул гьабизе.
Къаси кватIараб мехалъ
Рохьоса тIад вуссине.

Къойил ракI урхъун буго
Ахир щолареб хурилъ
Нурзаз цIураб рогьалилъ
Чол култиватор кквезе.

Роол багIараб бакъукь
Бакъман булахалде ун
Накаби чIван кIал чIвазе
Иццул цIорораб лъеда.

Цинги цо хъарбуз къотIун
Гьелъул ракI бахъун квине,
ГIорцIидал ЧIегIергIурухъ
ЧIалгIинегIан чвердезе.

Росу, дун урхъараб куц,
Камилал дур чагIазухъ,
Чиясе лъикIаб гуреб
Квешаб жо гьаруларел.

РекIей бокьун бугеб куц
Какги бан мажгиталда
ГодекIабахъ хералгун
Хабар бицун вукIине.

РикIкIада вугониги,
Вуго духъ даим урхъун.
Дир росу Къабахчоли,
Духъ буго рекIел чIалгIин.

КIудияб шагьаралда
Ишаз регIуларев дун,
Духъ вуссуна кидаго,
КватIун, гIемер мех бахъун.

Лъабго гьаккибералъул
Велосипед бачунеб,
Белъулеб дир лъимерлъи,
ДандчIвала дида къватIахъ.

Лъимерав дун вихьула
Дида щибаб рахъалда,
Щибаб рахъалъа диде
Гьимула гьев гIасиго.

Дун мактабалде щвейгун
Щибаб классалдаса
Дир цIалдохъан лъимерлъи
Дихъ балагьун гьимула.

Лъугьула дун классалде,
Долго партаял, бакIал,
Добго доска, портретал,
Пушкин, Низами, Расул …

ГIодов чIун нилъакь квер лъун
Хивалаз восула дун.
Санал тун дир пикраби
Роржула дол къоязде.

НуцIа къирун жаниве
ВачIуна тIинав Сеймур,
ЧIола гьев дида аскIов,
Дир санцин гьабичIого.

Хал гьабун лъала дида
Гьес рокьи бергьаралъухъ
Балъгояб кагъат гьанже
Буго хъвалеб, тIоцебе.

КигIанаб гIажагIибаб
Лъугьа – бахъин ккараб дир
Дур коридоразда,
Дир хирияб школа.

Гьанже духъе вуссингун,
Дур щибабго классалъ
Кидаго рагьула дий
Дол мехазде каваби!

Цин ццин бахъун гьимула
Цин ракI гурхIун гьимула
Гьимула, гьев гьимула,
Гьесул тIинкIула магIу.

Аппараглъи лъикIилан,
Росу тарав васасухъ
Эмен гIадин гьимула,
Гьев керен бухIулаго…

Дир бусен, дун гIураб ракь,
Дир хIатIал къвакIараб бакI,
Бугищ дие цоги бакI
Дун вуссине мун гуреб?!

Дун дудаса воржана
Кьурдаса цIум кинигин
РештIине хIажалъидал
ЦIудуй кьуру, дийги мун

Источник

👋 Привет Лёва
Середнячок

40/250

Задать вопрос

мама845

+10

Решено

6 лет назад

Другие предметы

1 — 4 классы

сочинение дир росу 4 клласса

Смотреть ответ

1

Ответ

2
(6 оценок)

5

Адель2112

Адель2112
6 лет назад

Светило науки — 4 ответа — 0 раз оказано помощи

(6 оценок)

https://vashotvet.com/task/6822925

Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.

Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.

Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.

Г1агараб авар мац1! Дир кинабго бечелъи , кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь.Гьаб дунялалъул рокъоб дие гьеб мац1 кутакалда г1агарлъана. Авар мац1алдехун дир рокьи т1оцебе ц1ик1к1инабуна дир херас-Дибиров Мух1амадица,хадуб дир мунагьал чураяв инсуца, дир эбелалъ ва дир инсул яцаз.Гьел киналго ккола г1урус ва авар мац1алъул муг1алимзаби.

Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!

Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.

Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».

Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.

«Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.

Авторас асаралда жаниб бицунеб буго ,макьилъ живго цо лъарал раг1аралда г1одов ккун вук1ин.Гьебмехалъ гьесда борхалъудасан раг1ула руччабазул к1алъай. Гьел к1алъалел рук1ун руго бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ. Гьез бицунеб бук1ана ах, хур-хералъул, бук1инесеб маг1ишаталъул,кьерхен-роц1еналъул,боц1и-панзалъул, пуланав Х1асанил сих1ирлъиялъул.

Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.

Гьес абуна:

-Аваразул калам,гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.

Гьал раг1абаздасан дида бич1ч1улеб буго Расулие авар мац1 кутакалда хирияб,г1агараб бук1ин.Гьес коч1олъ хъвалеб буго рокъорги къват1ирги маг1арулаз бицине кколин жидерго рахьдал мац1. Мактабаздаги авар мац1 малъизе кколин абулеб буго.Цоги Расул Х1амзатовас хъвалеб буго, нилъ рокъоса унеб мехалъги нух бит1агийилан маг1арул мац1алъ гурищила нилъеда улбуз абулеб . Гьеб бугила рекъараб нилъер халкъалда черхалда борчараб рачел киниги.

«Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.

Гьаб заманалда г1емер бицулеб буго телевизоралдасан, газетазда, журналазда хъвалеб буго нилъеца хирияб,г1агараб рахьдал мац1 ц1униялъул х1акъалъулъ. Гьеб ц1акъ бит1араб буго. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин , ц1унизе ккола бечедаб авар мац1. Нилъеца- маг1арулаз ц1унич1они гьеб, лъица ц1унилеб?

Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.

Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!

Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.

Аваразул калам гьелъул камиллъи!

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.


0 голосов


133 просмотров

Сочинение дир росу 4 клласса


  • сочинение
  • клласса
  • 1 — 4 классы
  • другие предметы








Другие предметы


Мама845_zn


08 Май, 18


|

133 просмотров





Дан 1 ответ


0 голосов

Решите задачу:

sqrt{x} geq sqrt[n]{x}








Адель2112_zn


08 Май, 18



0

не понимаю что ты говоришь






оставил комментарий

Адель2112_zn


08 Май, 18


Другие предметы

Tasetimsu

Tasetimsu

4 год назад

ОТВЕТЫ

Кушников

Кушников

Jul 13, 2019

 sqrt{x}  geq  sqrt[n]{x}

198

Смежные вопросы:

Солннечный свет это _ энергия

Какие новые виды спорта появились в России в 21 веке?

Помогите плиииииииззззз

На якому з малюнків рідка вода активно перетворюється на газ?

Уявна линия яка дилыть земну кулю на дви пивкули 7

Понравилась статья? Поделить с друзьями:
  • Сочинение на аварском языке дир дагъистан
  • Сочинение на аварском языке дир гьудул 8 класс
  • Сочинение на аварском языке дие бокьулеб махщел
  • Сочинение на аварском языке бах1арчи
  • Сочинение на аварском рагъул магъалоялъул бак1лъи