Сочинение по аварскому языку дир эбел

Другие предметы 1 — 4 классы Глеб Глеб
04.14.19

Решено

Сочинение на тему дир эбель?

185

ОТВЕТЫ

Дир эбел йиго лъик1ай, берцинай. Дие гьей ц1акъ йокьула.
Дир эбел йиго х1алт1улей(напиши где). Дица гьелъие кумек гьабула:жо чуризе, х1алт1и гьабизе, бусен бак1аризе, квендезе до гьабизе.Дие дир эбелалъ (напиши столько братьев и сестёр)
Дир эбел киназа йокьула гьей йиго ц1акъ г1амал лъик1ай.
Эбелалъул къимат гьабизе ккола унтаниги шокълуниги

25

Отв. дан
2019-04-14 11:57:50

OBRAZOVALKA.COM

OBRAZOVALKA.COM — образовательный портал
Наш сайт это площадка для образовательных консультаций, вопросов и ответов для школьников и студентов .

  • Наша доска вопросов и ответов в первую очередь ориентирована на школьников и студентов из России и стран СНГ, а также носителей русского языка в других странах.
  • Для посетителей из стран СНГ есть возможно задать вопросы по таким предметам как Украинский язык, Белорусский язык, Казакхский язык, Узбекский язык, Кыргызский язык.
  • На вопросы могут отвечать также любые пользователи, в том числе и педагоги.


    Консультацию по вопросам и домашним заданиям может получить любой школьник или студент.

    Содержание

    1. Эбелалъул къо «Сунаро дур канлъи,хирияй эбел».
    2. Сочинение на аварском языке эбел
    3. Классный час на тему «Дир хирияй эбел»
    4. Сочинение на аварском языке на тему моя мама, примерно 2,3 листка
    5. Ответы
    6. Сочинение по родному (аварскому) языку на тему «Мой первый шаг к возрождению родного языка»
    7. Видео

    Эбелалъул къо «Сунаро дур канлъи,хирияй эбел».

    Эбелалъул къо к1одо гьабун

    сценар Сочинение на аварском языке эбелий.

    Эбел,унго, гьеб раг1ул гъварилъи,къвак1и, къох1ехьей.Бугебдай эбелалъ х1ехьоларебги, гьелда бихьуларебги жо дунялалда.

    Сочинение на аварском языке эбел

    Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ

    Гьит1инлъун т1аг1араб дур т1алабаца?

    Дуда эбелалъул угьи раг1анищ,

    Гьаб дуниял ц1ураб, ц1илал соролеб?

    Эбелалъул гьумер … Гьеч1о дунялалда гьебг1ан гвангъараб,гьайбатаб,берцинаб сурат.Зах1матал лах1затазда гьеб сипат цебе т1амуни, т1аг1уна чиясул чорхолъа свакги,ццинги, хъач1лъиги, хъант1иги.Гьелъул бак1 ккола сабруялъ, сахаватлъиялъ, рах1му-ц1обалъ. Гьеб заманалда эркенлъула квешал къасдаздаса, къвариг1ел гьеч1еб жах1да-х1усудалдаса.

    Лъимер каранде къалей

    Эбел г1адин г1акъилаб,

    Г1умру кида бук1инеб

    Гьаб нилъер ракьалда?

    Сочинение на аварском языке эбел

    Сочинение на аварском языке эбел

    Эбелалъул кверал … Гьез бежараб чадил т1аг1ам т1убараб г1умруялъ лъуг1уларо лъимадул мац1алдаса.Эбелалъ бот1рода бахъараб квералъул х1еренлъиги хинлъиги хут1ула херлъараб мехалъги чиясул рак1алде щвеязулъ. Гьел хъах1ал,недегьал квераз к1ик1уна лъимадул кини.

    Цинги гьезго г1уц1ула г1умру лъимадуй.

    Керен кьун хьихьаралъухъ,

    Сочинение на аварском языке эбелКиналго т1алабазухъ,

    Кинида лъимер лъураб къоялдаса байбихьун эбелалъ васазе ах1ула г1аданлъиги бах1арчилъиги гъорлъ бессарал, зах1маталде рокьи бижизабулеб, гьел куцалел,рит1ухъаллъун рахъине квербакъи гьабулел куч1дул. Рицуна г1ажаибал, бат1и-бат1иял маргьаби.Гьелъги батила маг1арул росабалъ лебалал,къвак1арал,къо х1ехьезе бажари бугел васал г1ун рач1унел.

    Кинида лъурай ясалъе эбелалъ ах1ула яс х1еренай лъугьине, меседг1ан яц1ц1адай йик1ине, вацазулги инсулги адаб бугей яхъине, ч1ах1иязе кидаго кумекалъе щолейлъун яхъине куч1дул. Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 хъвач1ев шаг1ир ватиларо дунялалда т1ад.Киналго шаг1ирзабаз ах1улел руго улбул ц1унизе,гьел рокьизе,гьел рази гьаризе.

    Киг1ан г1акъилав,киг1ан машгьурав чи мун лъугьаниги, к1очонге,дур бит1ккеязулъ дур бергьенлъабазулъ эбелалъ лъураб бут1аги бук1ин.

    Нилъеца абула эбел-Ват1анин.Ват1анги эбелги цо гурони рук1унареблъи лъаларев чи щивха ватилев. Цогидаз кидаго гьел хисулареблъиги лъалелъул щивав инсанасда, гьит1инасдаги,к1удиясдаги.

    Нилъеца гьа бала эбелалъул ц1ар бахъун.Гьеб бук1уна бищунго щулияб гьа.Щивав чи х1адур вук1уна эбелалъул къадруги ват1аналъул эркенлъиги ц1унун г1мру кьезе.Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ хал гьабун, гьеб борцун борхула чиясул къадру.

    Мун разияб гьеч1ищ

    Гьедин хъвана Расул Х1. Бищунго цебе эбелги ват1анги рехсола чияс.Гьел к1одогьаруралг1ан живго к1одолъулевлъи лъан. Гьел разилъанаг1ан живго вохизе бич1ч1ун, гьел бечелъанаг1ан живго лъик1 вук1уневлъи лъан.

    Лъимер унтизег1ан жийго унтизе х1адурай, жийго якъун лъимер хьихьизе къач1арай, гьелъие г1оло г1умруялъ х1алт1улей,х1еренай,х1алимай, лъик1ай йиго щивасул эбел. Ц1уне,лъимал, нужеца улбул! Эбелалъул х1ат1икь батулин нужее алжан!

    Источник

    Сочинение на аварском языке эбел

    Хирияй, х1алимай, х1асратай эбел

    Йокьула, йокьула, йокьула мун дий.

    Гьарула дица дуй щулияб сахлъи

    Лъимал-рукъалдаса йохун таги мун.

    Гьал къоязда киса-кибего улкаялдаго г1адин Ц1ада росдал школалдаги к1одо гьабуна библиотекаялъул х1алт1ухъабигун цадахъ эбелалъул къо.

    Эбел, гьеб раг1ул хинлъиги, хиралъиги, х1айранлъиги, х1еренлъиги, недегьлъиги лъаларев чи вижулев ватиларо ракьалда. Лъималазул рохел-эбелалъул рохел, лъималазул пашманлъи-эбелалъул рах1атхвей. Эбел ккола рукъалъул гъанситухъ ц1а ц1унулейги, лъик1аб тарбия кьун нилъер обществоялъул бук1инесеб г1ел-лъимал г1езарулейги, гьел г1адамалъе рахъинарулейги г1адан.

    Т1аде ах1арал гьалбадерида, гьел гьоркьор ккун киналго руччабазда баркиялъулаб к1алъайги гьабун, гьеб вечер рагьана Ц1ада библиотекаялъул заведующая Г1алибегова Анисатица. Ц1ада аслияб школалъул ц1алдохъабаз рик1к1ана эбелалъул хиралъиялде гьарурал куч1дул.

    Руччабазда гьайбатаб байрам баркизе дандеруссиналде рач1ун рук1ана Ц1ада росдал администрациялъул бет1ер Мух1амадов Мух1амад, гьебго росдал школалъул директор Г1алибегов Сайгидх1осен, лъебералда анлъго соналъ байбихьул школалъе нухмалъи гьабурав Мусаев Мух1амад ва гь. ц. Гьез нилъ гьарурал, к1удиял г1езарурал, бит1араб г1умруялъул нухде нилъ рачарал улбузда, яцазда баркана эбелалъул къо.

    Руччаби к1удияб адабалъеги, реццалъеги мустах1икъал ругилан лъазабуна гьез. Жакъа нилъер маг1ишаталъул кинаб бут1аялда босаниги руччаби камураб бак1 гьеч1о. К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда босаниги, гьелдаса хадусел соназ босаниги, руччабаз кибго бихьизабуна цебехъанги, къо х1ехьей, сабру, ях1-намус. Кибго ва сундулъго гьел рук1ана мисалияллъун.

    Залалда к1удияб ч1аголъи бач1инабун бук1ана щибаб цере рахъиналдаса хадуб куч1дул ах1ун культураялъул х1аракатчи Х1ажимурад Дибировасги. Ниг1матаз бечед гьабураб столалда нахъа г1уц1араб рохалилаб байрам ана киналго разияб ах1вал-х1алалда.

    Улбуз рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жидее гьадинаб гьайбатаб, берцинаб байрам г1уц1арал библиотекаялъул ва школалъул х1алт1ухъабазе.

    Ч1ужуг1аданалъул, эбелалъул адаб-х1урмат гьабиялъул гъваридал кьалбал руго ва къадруяб г1адатлъун буго щибаб соналъ ноябрь моц1алъул ахирисеб гьат1ан къоялъ эбелалъул къо к1одо гьабулеб. Гьал къоязда рохалил ах1вал-х1алалда Х1ариколо культураялъул ва библиотекаялъул х1алт1ухъабаз росулъа улбулги къадруял руччабиги данде гьарун эбелалъул къоялъул х1урматалда т1обит1ана «Ц1уне улбул» абураб вечер.

    Гьеб вечер рагьана ва нухда бачана СДК-ялъул директор Г1абдурах1манова Хадижатица. Гьелъ баркиялъул к1алъай гьабизе раг1и кьуна росдал бегавул Х1айбулаев Саг1адулагьие. «Нилъер улбузул лъик1ал ишаз ва берцинаб г1амал-т1абиг1аталъ квербакъулеб буго г1олеб г1елалъулъ лъик1ал хасиятал куцаялъе, жамг1ияталда рекъел ва раг1и дандеккей бук1инабиялъе. Гъанситоялъул хинлъи ц1унулей х1исабалда ч1ужуг1адан-эбел кидаго йик1ана ва йиго кинабго лъик1абщинабги гвангъараб щинабги жиндилъ бессарайлъун.

    Къабул гьабе, хириял руччаби, улбул дир рак1-рак1алъулаб барки. Гьарула нужее щулияб сахлъи, икъбал-талих1 ва т1ураги нужер щиялъул рек1ел мурадал»,-ян абуна С. Х1айбулаевас. Хадубги дандеруссиналда рехсана г1урусазул хъвадарухъан Максим Горькияс ч1ужуг1адан, эбел к1одо гьаюн хъварал раг1аби: «Бакъ гьеч1они т1угьдул т1егьаларо, ч1ужуг1адан гьеч1они рокьи бук1унаро, эбел гьеч1они я поэт, я бах1арчи вахъунаро, дунялалъул кинабго ч1ух1и улбуздасан буго».

    Баркиялъулал к1алъаял гьаруна школалъул директор Хваджаева Пат1иматица, Батирханова Г1айишатица, зах1маталъул ветеран Г1алиева Басиратица ва цогидазги. Бук1ана вечералъул г1ахьалчаг1азе г1уц1араб умумузул кванил ц1ураб гьайбатаб столги, рик1к1ана улбузе сайгъат гьарурал куч1дулги, хасго Мух1асива Залмуца ах1арал куч1дуз киналго вечералда г1ахьаллъаразул рак1ал рохизаруна. Ахиралдаги, киналго т1аде ах1ун рач1аразул рахъалдасан жидее гьадинаб гьайбатаб вечер т1обит1изе рак1алде ккарал клубалъул х1алт1ухъаби Г1абдурах1манова Хадижатие, Мух1асинова Залмуе, библиотекаялъул х1алт1ухъаби Г1абдулаев Х1ажие, Бат1алова Хадижатие рак1-рак1алъул баркала загьир гьабун хинал раг1аби абулелъул, бихьулеб бук1ана вечералда г1ахьаллъарал киналго рази рук1ин жидее гьабураб ихтилат-кепалдаса. Хъизан, рукъалдаса рохун таги нуж, х1урматиял улбул.

    Источник

    Классный час на тему «Дир хирияй эбел»

    Дарсил тема: «Эбелалъул къо»

    Дарсил ин.

    Жакъа нилъер инеб буго рагьараб дарс.Жакъасеб дарс дие байбихьизе бокьун буго биценалдалъун.

    -Вай, кин дида гъов вич1ч1илев?

    Дида лъаларогури гъолъул мац1ин абунила бадибеги балагьун лъимералъ. –

    -Дица щиб гьабилеб дудехун к1алъазе бокьани. Аллагьас берцинго бот1рода кверги хъван абунила. Дур малаикалъ малълъилин дуда квералги цере ккун гьаризе. Хадуб лъимаца абунила: жинда раг1анин дунялалда квешлъи бугилан.

    -Лъица дун ц1унулев?

    Дур малаикалъ ц1унизе вуго мун, жиндирго г1умруялда гурх1ичого.

    -Дун пашманго вуго, щайгурелъул дида т1ок1ав мун вихьуларо.

    -Дур малаикалъ бицине буго дуда кинабго, гьелъ бихьизабизе буго дуда дихъе бугеб нух, кин дихъе мун вуссиневали. Гьединлъидал дун кидаго дуда цадахъ вук1ине вуго.

    Гьеб заманалда ракьалдаса гьаракь раг1анила, лъимаца хекко-хекко гьикъанила:

    -Дир малаикалда ц1ар щиб?

    Гьелъул ц1аралъул маг1на гьеч1о, дуца гьелда абизе буго эбелилан.

    Ц1унизе те нуж кидаго нужер малаикалъ.

    _-Лъимал, сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб гьаб биценалда?

    — Гьаб биценалда сунда релълъинаюлей йигей эбел?

    Бит1араб буго лъимал, эбел йиго нилъер малаик, гьелъ ц1унула нилъ сундасаго, кьеги гьелъие талих1, йоххун таги гьей лъималаздаса.

    — Жакъасеб нилъер дарсил тема буго «Эбелалъул къо» абураб. Гьаб дарс дие рагьизе бокьун буго Расул Х1амзатовасул «Эбел» абураб кеч1 ах1иялдалъун.

    Эбел, к1очонаро гьит1инаб мехалъ,

    Дун къват1ахъ кват1игун, кидаго дуца

    Горт1а лъун толаан бакараб чирахъ

    Ва къирун толаан къач1ого каву.

    Вач1унаан рокъов,кьижулаан дун,

    Кьурулаан дуца г1одобе чирахъ.

    Ялагьулаан мун къан бугищ нуц1а,

    Къулулаан т1аде, сордо лъик1 васин.

    — Лъимал, кин нужеда ракIалде кколеб, щайдай гьеб гьедин бугеб? (Щайгурелъул эбел киназего йокьула, гьей цохIо йикIуна, гьей тIокIай лъицаниги хисуларо, эбелалдаса хириял гIадамал гIумруялда жанир цониги рукIунаро).

    ЦIакъ гIемерал руго Россиялда, гьанже байбихьун буго Дагъистаналдаги эбел-эмен Херазул рокъоре рехун толел.

    — Жакъасеб нилъер дарсил эпиграфлъун росун ругел гьал рагIабазул магIна кин нужеда бичIчIулеб?

    «Алжан эбелалъул хIатIазда гъоркь букIуна»

    Лъималазул жавабазухъ гIенеккила, магIарул мацIалда бицине кIвечIел гIурус мацIалда бицине риччала.

    Эбел чIаго йигебгIан мехалъ нуж рукIине руго талихIаллъун.

    -Алжаналъул каву рагьараб буго эбелалъул къимат ва хIурмат гьабулел гIадамазе.

    — Балагьеха рагIабазул гъварилъи. КигIан берцинаб сурат бугеб гьаб: эбелги лъимерги.

    РачIа гIенеккизин ЖабрагIил ХIасановас хъвараб «Эбелалъул ракI» абураб лъималаз ахIулеб кочIохъ.

    Дуда эбелалъул берал рихьанищ,

    Балагьун гIорцIичIел гIумруялъго духъ?

    Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,

    Кинабго дуе кьун ракъван тIагIарал?

    Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ,

    ГьитIинлъун тIагIараб дур тIалабаца?

    Дуда эбелалъул угьи рагIанищ,

    Гьаб дуниял цIураб, цIилал соролеб?

    КочIохъ гIенеккун хадуб цIалила Расул ХIамзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани» абураб кечI.

    — Кин бичIчIулеб нужеда гьаб кочIол бетIералъул магIна?

    ТIоцебе учителас цIалила, анализ гьабила кочIол. Хадуб лъималаз цIалила цо-цоккун.

    — Эбелалде бугеб рокьи поэтас кин загьир гьабун бугеб?

    — Эбелалъул рокьиялъ, гьелъул хIеренлъиялъ лъимал лъикIаб хьвада-чIвадиялде куцалеб ругеб къагIида кин бихьизабун бугеб?

    — Гьединго Расул ХIамзатовасул буго цоги кечIги эбелалъул хIакъалъулъ хъвараб.

    «Эбелалде»

    Квен кьурайги мун, эбел,

    КечI кьурайги мун, эбел,

    Квер кьурайги мун, эбел,

    Бер кьурайги мун, эбел

    ГIумру кьурай мун, эбел,

    ГIалам кьурай мун, эбел,

    Хинлъи кьурай мун, эбел,

    ЛъикIлъи кьурай мун, эбел.

    Их кьурайги мун, эбел,

    Нух кьурайги мун, эбел,

    Бакъ кьурайги мун, эбел,

    Къо кьурайги мун, эбел

    ГIадамал цоги руго

    Мун цохIо – тIокIай гьечIо.

    Цогияз дуца кьолеб

    Эбелалъул ракI: букъараб заргIанаб, гъваридаб, гIатIидаб, лъимадул рохелалъ зодиб боржунеб, лъимадул ургъелалъ ракьулъ тIерхьунеб, тIолабго дуниял жаниб бачараб, дуниялалъул тIалаб тIаде босараб, къуватаб, канлъи бикьулеб, нухал гвангъулеб ва гьел гурел цогидалги эпитетал хIалтIизарун руго кочIолъ. ИяхI бугей, рагIдукь кIусун къо рехуларей, хIеренай, кIвахI гьечIей, бокьараб жо баччулейлъун йихьизаюн йиго эбел.

    Нилъее гIумру кьурай, нилъ гIезаризе сардал рорчIарай, кинаб къо тIаде бачIаниги, гьеб хIехьезе, баччизе къуват бугей, Расулица абухъего, «квен кьурайги, кечI кьурайги», нилъеда кинабго малъарай цIунизин хирияй, гIагарай, йокьулей эбел, мугIрул чIужугIадан.

    Сценка «Эбелалъул кумекчи»

    Ах1улаго кеч1гун рукъ лъухьулев вугев васада т1аде лъугьун яч1уна эбел.

    -Мух1амад, щиб ккараб?

    — Щибниги ккеч1о эбел.

    -Щай кколареб? Дуца рукъ лъухьун бугогури!!

    Мух1амад, бице эбелалъул, щиб ккараб? ахирисеб нухалъ дуца рукъ лъухьун бук1ана к1ийила ккараб мехалъ. Дуца х1ургийищ бац1ц1араб?

    -Бице, дуца щиб гьабураб? Мун гъокьищ тарав?

    (Эбелалъухъ бугеб сумкаги нахъе босулаго. Дица абулеб бугогури щибниги ккеч1ёо, чороклъун бук1ун бак1арулеб бук1ана).

    -Дуца бусенгийищ бак1арараб?

    Полотенцаялъ бет1ерги бихьулаго г1одой йик1уна.Дун директорас школалдейищ ах1улей йигей?

    — Эбел, х1инкъуге! Дицаго дарсалги гьаруна, кваназеги кванана, г1усалги чурана.

    — Дицаго! (эбел г1акълудаса уна)

    — Эбел! Дуе щиб ккараб?Дица дуе лъим босила. ( т1аде рач1уна цадахъ ц1алулел лъимал)

    — Гьая Мух1амад, бицея, гьабурабищ дуца эбелалъе кумек?

    — Гьабуна, балагье ккараб жо.

    -Пат1имат хекко аптечка босе.

    _-Ия дир вас, дуца дие цо къоялъ гурони кумек гьабизе гьеч1ебищ7

    — Гьеч1о эбел. ( эбел г1акълуялдаса уна)

    Бицен

    ГIемерисезда рагIун батила, цIалун батила гьаб биценалъул. Нилъер умумузул бицен буго эбелалъул ракIалъул хIакъалъулъ.

    Гьаниб бихьулеб буго эбелалъул лъимада бугеб гурхIел. (ГIенеккила Динара Жамалудиновалъул ахIулеб «Эбелалъул ракI» кочIохъ.)

    — Гьаб кечI буго гьаб биценги кьочIое босун гьабураб.

    Кицабигун хIалтIи

    — Лъимал, гIемерал кицаби ва абиял руго эбелалъул хIакъалъулъ.

    1.— Эбелалъул ракI гурхIи цIаялъги бухIуларо.

    Эбелалъул ракI бухIи лъадалъги тIерхьунаро

    Гьанибги бокьун буго дие цо бицен бицине гьаб кициялда хурхараб.

    Цо васасул йик1ун йиго цояб берги гьеч1ей бецай эбел. Жинда хадуй школалде яч1анила эбел, гьелда лъимал релъанхъизе лъугьанила.

    8.- Эбел-эмен хер гьарулелги лъимал, бахIар гьарулелги лъимал

    9.- Эбел разияб лъимер – лъугIи гьечIеб хазина

    Дарсил х1асил гьаби

    Нилъер дарсил х1асил буклет бук1ине буго, рач1а нилъеца гьеб къач1азе.

    Источник

    Сочинение на аварском языке на тему моя мама, примерно 2,3 листка

    Сочинение на аварском языке эбел

    Сочинение на аварском языке эбел

    Ответы

    Сочинение на аварском языке эбел

    Эбел йиго жив-жив инсанасул цохIо гурони йикIунарей, сунцаниги, сундухъниги хисуларей хазина. Эбелалъ гьитIинаб къоялдаса нахъе балугълъиялде щвезегIан лъимералъе хъулухъ гьабула. Щиб миллаталъул ватаниги, кинаб ракьалда ватаниги инсанасе бищун хирияб жо щибилан гьикъани жаваб цо буго «Эбел». Киниялда бугеб лъимералъги, гIолилазги, херазги, рохаразги хIинкъаразги, къварилъаразги абула гьеб къокъаб амма магIна гъваридаб гьеб рагIи. Дидаги дица нахъе тараб гьитIинабго лъалкI эбелалъул бухIиги, чIухIиги, ургъелги, анищги гъорлъ жубараб бугилан ккола дида. Дун налъулав вуго кидаго ва кив вугониги эбелалда цеве.

    Дун кодой вачарай, каранде къарай,

    Керен дие кьурай, гIезе гьавурай,

    Кинидахъ гIодой чIун ахх бачунаго,

    Чанги сардал дие гIолон рорчIарай.

    Баба бокьиларо дур беразда дий,

    Рохалил гурони магIу хулизе,

    Баба бокьиларо дур гIиналдаги,

    Гьуинаб гурони калам рагIизе.

    Эбелалъул гIадаб гIажаибаб ракI батилин кколаро дида. Гьелда гIадин лъималазда гурхIизеги, ургъел гьабизеги, йохизеги, гIодизеги, тIалаб гьабизеги цогидазухъан бажарулеб батилин кколаро. «Эбелалъул хIатIикь букIуна алжан »,- ан абула. Батизеги гьедин батила гьеб. Эбелалъул адаб-хIурмат рехун тарав чи гьев ккола хIалихьат, квешаб гIамалалъул чи. Амма гьединал гIемер гьечIо.

    Гьаниб дие бокьун буго бицине дирго эбелалъул хIакъалъулъ. Эбел ккола дие бищунго кIудияб хазина. Эбелалъ дида малъула лъазе тIадабщинаб. Дир эбел йиго цIодорай, гIакъилай, пагьму кIудияй, гIадамазда гъорлъ берцинго кIалъазе ва йикIине лъалей. Дие бокьилаан гьелъ жиндирго сахлъи цIунизе, халатаб сонилаб гIумру гьелъул букIине, гьелъул рекIелъ ругелщинал мурадал тIуразе ва нижедаса йохун йикIине. Дир гIадинай хIеренай, хIасратай, калам гьуинай эбел лъилго йигодай? Эбелалъ абураб нухда хьвадани гьев чи киданиги мекъи ккезе гьечIо, гьеб дидаго бихьараб жо буго. Дие дирго эбел ккола ракI бащадай гьудуллъунги. Гьелъие дица рекIел ургъалаби рикьула, цинги гьелъ дидаги бицуна кин-щиб гьабилебали. Эбелалъе лъимер ккола бищунго кIудияб хазина. Эбелалъул лъикIлъиялъулги гьелъул хIеренлъиялъулги бицун бахъунаро.

    Дица умумузе гьарула чорхое сахлъи, халатаб гIумру, рохалилаб гуреб хабар рагIугеги гьезда. Эбелалъ лъимералда квешаб жо малъуларо.

    Дир хIеренай эбел, хIасратай эбел,

    ГIакълу-лъай нижеда малъарай эбел,

    Эбел, дур берцинлъи борцунеб роцен

    Жеги бахъун гьечIин тола нижеца.

    Сочинение на аварском языке эбел

    ответ: Дир йиго лъик!ай гьудул гьелъда ц!ар буго Аминат. Ниж ц!алулел руго 7 классалда. Ниж кидаго рук!уна цадахъ.

    Сочинение на аварском языке эбел

    прости прости прост

    Сочинение на аварском языке эбел

    Сочинение на аварском языке эбел

    Сочинение на аварском языке эбел

    Кем только не мечтают люди стать: знаменитыми космонавтами, как Ю. Гагарин, отважными пожарниками, врачами, чтобы сотни жизней, певцами, чтобы блистать на сцене, учителями, чтобы давать знания… Профессий существует много, главное – не ошибиться в своем выборе и посвятить этой профессии всю свою жизнь. У каждого есть свои интересы, свои любимые занятия, у кого-то есть талант, а кто-то быстро и легко всему научиться. В детстве я мечтала быть певицей, потому что любила петь и хотела стать знаменитой, но потом поняла, что это была только лишь детская мечта. Я люблю много читать и писать что-то интересное, высказывать свое мнение и спорить о чем-либо и быть может именно поэтому я стала задумываться о профессии журналиста. Сейчас я уже уверенно могу сказать, что это именно то, что мне нужно.

    Быть журналистом – это интересно! Что может быть интереснее, чем брать интервью, знакомится с новыми людьми, узнавать подробности их жизни и о том, как они добивались успеха? Или видеть одной из первых какое-либо событие, а потом об этом рассказывать всей стране, всему миру и неважно каким образом: написать об этом в газете или сделать об этом репортаж? Я мечтаю делать свои репортажи и, если понадобится, уезжать для этого в далекую глубинку нашей большой страны или же наоборот: лететь несколько часов на самолете в далекую страну, а потом рассказывать всей стране по телевидению о том, что произошло. Профессия журналиста и трудна и интересна. Но в то же время это очень ответственная работа, потому что мир узнает о новостях именно из уст журналистов и важно донести до зрителя или читателя информацию, не искажая ее.

    Я уверенна, что каждый найдет свое призвание и будет любить свою работу, посвятит ей всю свою жизнь, важно лишь сделать правильный выбор, выбор своей профессии!

    Источник

    Сочинение по родному (аварскому) языку на тему «Мой первый шаг к возрождению родного языка»

    Дир авар мац1 ц1илъиялде ва ц1униялде галаби.

    Авар мац1! Дир берцинаб, ч1ух1араб ва т1адег1анаб маг1арул мац1!

    Дир г1агараб маг1арул мац1алда к1алъала дагъистаналъул г1адамазул бищун ц1ик1к1араб къадар. Гьеб мац1алда улбуз кинидахъ ах1ула лъималазе куч1дул, гьеб мац1алда лъималаз улбузе загьир гьабула жидерго рокьи. Рокьи ккарал г1олилаз гьеб мац1алда цоцазе рицуна г1ищкъудул раг1аби. Т1адег1анав Аллагьасда цебе квералги ккун харабаз гьеб мац1алда гьарула дунялалъего рекъел, гьарула балагьал –къварилъабаздаса ц1уни ва бит1ун ккараб ахират.

    Огь дир маг1арул мац1,

    ян Расулил мухъазул асаралда гъоркь хъвана дир г1агараб Г!обода росулъа Умагьани Камиловалъ.

    Г1адада гуро абулеб «рахьдал мац1»-илан. Эбелалъул хахулеб рахьалда цадахъ бижун бач1уна лъималазул рекелъ эбелаб мац1алде рокьи. Эбел лъималазда г1урус мац1алда гурого к1алъалей гьеч1они, гьезги бицунаро бат1ияб мац1. Т1оцебесеб авар мац1алде рокьи бижизабиялъе кан бакизе ккола эбел-инсуца рокъоб. Гьеб рокъоб бакулеб гьеч1они къват1иб гьелда ц1а рек1ун ч1езабизе ц1акъ зах1малъула. Улбуз тарбия кьолаго к1удияб к1вар гьабизе ккола рахьдал мац1алда гурого лъимал к1алъангут1иялде. Ц1акъ рекъеч1еб жолъун бихьула дида нилъер заманалда харабазда аск1обги г1олохъанаб г1елалъ бицунеб чияр мац1. Гьит1инал лъималаз гъура-чункун гьеб бицунелъул гьездаса роха- хинлъун ва ч1ух1ун рук!уна умумул. Рахьдал мац1 бокьулел ва маг1арул ях1ги мах1ги ц1унарал хараби гьеч1ел хъизаназда т1убанго рахьдал мац1 бицунгут1иялде ккун буго иш. Гьел хъизамазул лъималазда рахьдал мац1 раг1улеб буго цох1о авар мац1алъул дарсида.

    Дир пикруялда, рахьдал мац1 т1аг1иналъе ва гьелда к1алъалел г1адамал къо бахъанаг1ан дагьлъулел рук1иналъе г1емерал х1ужжаби руго. Бищунго к1удияб х!ужжалъун рик1к1уна дица Интернет ва гаргаро (телефон). Ахираб г1асруялъ нилъее г1умру бигьалъиялъе ургъараб Интернеталъ г1емераб квешлъиялде рачунел руго нилъ.

    Ахираб заманалда, рахьдал мац1алъул рахъ ккун к1алъалаго, г1адамазда гьоркьой дунго чиярайлъун йихьула дида. Дида гьеб ц1акъ зах1малъун бук1уна.

    Кин бугонги цох1о гъаримав, пакъирав, жиндирго дарсги бокьулев, маг1арулалги рокьулев авар мац1алъул муг1алим вуго рахьдал мац1 г1ун бач1унеб г1елалда бицинабулев чи. Рахьдал мац1алъул муг1алимасул гъажалда баччун буго к1удияб гьир. Зах1малъун, гьир г1одобе рехани, гьеб буго т1убанго маг1арулазул талих1 къосараб къо.

    Дир пикруялда, рахьдал мац1алъ ва гьелда хурхарал г1адатаз ва маданияталъ ккун бук1ана г1адамазул ях1-намус, к1удияздехун адаб ва рук1а-рахъиналъул къаг1ида. Рахьдал мац1 гьеч1ониги къварилъи гьеч1ин ах1долел умумузда гьеб бич1ч1ила херлъарал яги лъималазул кумекалде ккараб къоялъ. Жакъа гьелде х1ажалъич1ониги. Гьеб мехалда лъималаз жидеца мац1 бицунеб халкъалъе г1адатияб гьабила эбел-инсудехун к1алъай ва бербалагьи. Г1адада гуреб диниял чаг1азги г1емераб бицунеб гьелъул.

    Мац1 к1очараб милат молода лъола,

    Малидул г1оркь кквезе чи хут1уларо…

    Хут1араб кинабго гьадингояб жо,

    Гьардарав Бет1ергьан, ц1уне Дагъистан! (Мух1амад Ах1мадов.)

    Рахьдал мац1 ц1униялда хурхун гьаризе бегьула г1емерал тадбирал. Ахирал соназ гьарулелги руго гьел. Г1айиб гурищха, гьел цодагьабги хехго байбихьизе рес бук1инч1ел. Бищунго цебе районалъул нухмалъулес, росдал бегавулас, школалъул директорас к1вар кьезе ккела жидер мухъалда рахьдал мац1 ц1униялде.

    Районалъул нухмалъулес, мисалги бихьизабун, к1вар кьезе ккела рахьдал мац1алда хурхарал тадбиразде. Рекъараб бук1ина живгоги г1ахьаллъани. Г1емер ц1ар раг1арал хъвадарухъаби рахъараб районги бугелъул, лъаг1алида жаниб гьезул творчествоялдасан фестивалал гьабизе бегьилаан. Ах1изе бегьилаан шагьаралдаса рахьдал мац1 ц1униялда т1ад х1алт1улел г1адамал, газетал-журналазул редакторал, авар театралъул артистал.

    Росдал нухмалъулезги т1орит1изе бегьила, цогияздаса мисалги босун, умумузул рук1арал лъик1ал байрамкъоял: «Оцбай», «Ахбиччанкъо», «Г1ияда дандч1вай» ва гьел гурел цогидалги. Школалда лъималазе рахьдал мац1алда хурхун гьарулел тадбиразда бергьаразе гьаризе бегьила шапакъатал. Гьединго школалъул директорасги кьезе ккела к1вар авар мац1алъул дарсал школалда кьеялде, лъик1ал муг1алимазаби ралагьун ва гьездаса х1алт1и т1алаб гьабун.

    Рахьдал мац1 ц1унилъе муг1алимасги гьабизе ккола г1емераб х1алт1и. Х1алт1улей дагьал гурого саназ гьеч1ониги, дир пикраби кидаго х1алт1ула авар мац1алде лъималазул рокьи бижизабиялда, гьеб к1очене тунгут1иялда т1ад. Дица х1аракат бахъула щибаб ц1ияб дарс ц1алдохъабазул рак1алда хут1улеб, гьезул гъира балеб х1алалъ кьезе. Хурхен гьабула бат1и-бат1иял предметазулгун, г1уц1ула дарс нухда рег1изе суратал, видео, аудио гъорлъ лъурал презентациял. Дарсида т1орит1ула бат1и-бат1иял къецал, ц1ола раг1икъот1ал, т1орит1ула калам цебет1езабиялда хурхарал тадбирал. К1алъала бац1ц1адаб маг1арул мац1алда ва лъималаздасаги гьебго т1алаб гьабула. Пасих1аб каламалда ц1алула дарсида хъвадарухъабазул асарал, пасих1го ц1ализарула ц1алдохъабаздаги.

    Киг1ан зах1мат бугониги, дун къеркьезе йиго дир г1агараб мац1алъул къимат борхатго кквеялъе. Аллагьасул кумекалдалъун, дун х1алт1улей школалда лъимал авар мац1 бокьулеллъун ва гьелдасан ч1ух1улеллъун лъугьинариялде к1варги кьезе буго.. Аллагьас хъван батугеги школаздаса рахьдал мац1алъул дарсал гьукъулеб заман бач1ине. Нагагь гьединаб балагь бач1ани нилъер г1агараб авар мац1алде, дица рагьизе буго авар мац1алъул школа. Рахьдал мац1 бокьулел лъималги данде гьарун г1уц1изе руго бат1и- бат1иял тадбирал.

    Мац1 гьеч1езул ц1ар бук1унаро, мац1 гьеч1езул рак1 бук1унаро. Рак1алги свараллъун рахъунгеги нилъ.

    Министерство образования и науки Республики Дагестан.

    «Мой взгляд на сохранение родного языка»

    Источник

    Видео

    Закарья Магомедов — Спасибо мама (Эбель) Концерт 2019г.Скачать

    Закарья Магомедов - Спасибо мама (Эбель) Концерт 2019г.

    Мансур Магомедов — назму на аварском языке «к1удияй эбел»Скачать

    Мансур Магомедов - назму на аварском языке «к1удияй эбел»

    Фатима Асхабова нашид на аварском языкеСкачать

    Фатима Асхабова нашид на аварском языке

    Эбел Эбел г1азизай Эбел 😘🤲🏼🤲🏼🤲🏼Скачать

    Эбел Эбел г1азизай Эбел 😘🤲🏼🤲🏼🤲🏼

    » Мун йиго дир эбел » Аварский театрСкачать

    " Мун йиго дир эбел " Аварский театр

    ХирамухIамад ХирамухIамадов. ЖабрагIил ХIасанов — ЭбелСкачать

    ХирамухIамад ХирамухIамадов.  ЖабрагIил ХIасанов - Эбел

    Обновлено: 11.03.2023

    Р.Х1амзатовасул творчество гъваридго лъай. К1вар бугеб эбелалъул тема кин рагьун бугеб гьес жиндирго асаразда бихьизаби.

    Дарсил алатал:

    портрет, гьесул эбелалъул сурат, т1ахьал.

    Эпиграф: Азарго мац1алда гьаб къокъаб раг1и

    Раг1ула ах1ула цого бух1иялъ.

    Азарго мац1алда цого бух1иялъ

    Ах1ула къадруяб гьаб цого раг1и.

    Дарсил ин:

    У.- Расул Х1амзатовас г1емерал куч1дул хъвана дунялалда т1ад ругел киналго улбул к1одо гьарун.

    ЭБЕЛ.

    Испанияз Мадре, г1урусаз Мама,

    Ингилисаз Мазе, нилъеца Эбел,-

    Азарго мац1алда гьаб къокъаб раг1и

    Раг1ула ах1улеб цого бух1иялъ.

    Ц1.- Поэт жалеет забытых матерей и осуждает сыновей, не выполняющих свой сыновий долг:

    Мне кажется, тот чья душа очерствела,

    Кто детство забыл и родимую мать,

    Продаст не задорого друга и дело,

    Тот с легкостью Родину может продать.

    дица хъвана поэма. Гьеб бук1ана гьелъул хабада коч1ол т1угьдузул квац1и.

    Дир мац1 бук1инароан,

    Дир ц1ар бук1инароан,

    Дида нух къосинаан,

    Эбелалъ дир кинидахъ

    — Лъимал, Эбелалъул х1акъалъулъ куч1дул лъалищ нужеда?

    — Инсанасул бищунго хирияб жо ккола г1умру. Лъица кьолеб чиясе г1умру?

    — Цох1о г1умро кьуралъухъ г1умруялъго эбелалъе какал разе ккола.

    Г1умру кьурай мун, Эбел,

    Г1алам кьурай мун, Эбел,

    Хинлъи кьурай мун, Эбел,

    Лъик1лъи кьурай мун, Эбел.

    Г1адамал цоги руго,

    Мун цох1о – т1ок1ай гьеч1ей,

    Цогияз дуца кьолеб

    Асар дий киса кьолеб?!

    У. – Тема матери вобрала в себя раздумья, переживания и любовь. Это великое чувство, о котором говорил Некрасов:

    Великое чувство, его до конца

    Мы живо в душе сохраняем

    Мы любим сестру, и жену, и отца,

    Но в муках мы мать вспоминаем.

    Ц1.- Мне вспомнилось:

    Из школы прибегу

    Зимою в детстве –

    Ты меня встречаешь,

    Усаживаешь ближе к очагу

    И руки мне дыханьем согреваешь.

    Ц1.- А после смерти матери горюет:

    Кто разожжет теперь огонь в камине

    Чтобы зимой согрелся я с дороги?

    Кто мне, любя, грехи отпустит ныне

    И за меня помолится в тревоге?

    Я в руки взял Коран, тисненный строго,

    Пред ним склонились грозные имамы.

    Ц1. Читая стихи Р.Гамзатова, посвященные матери, невольно задумываешься о своей маме и хочется преклонить колени пред самым родным человеком.

    У. — Бит1ун буго, лъимал. Эбелалдаса хирияб жо щибха бук1инеб т1ок1аб ракьалда. Гьел цереса индал рек1екълъич1ого рук1ине бокьани, ч1аго рук1аго гьезул адабги, х1урматги, т1алабги гьабизе ккола нилъеца. Халкъияв шаг1ирасин абуни дунялалъулго улбузе гимн хъвана. (ученики переводят)

    Слово это сроду не обманет,

    В нем сокрыто жизни существо.

    В нем – исток всего,

    Встаньте! Я произношу его:

    Дица гьелъие кумек гьабула : жо чуризе, х1алт1и гьабизе, бусен бак1аризе, квендезе до гьабизе.

    Дие дир эбелалъ (напиши столько братьев и сестёр)

    Дир эбел киназа йокьула гьей йиго ц1акъ г1амал лъик1ай.

    Эбелалъул къимат гьабизе ккола унтаниги шокълуниги.

    Сочинение на тему моя семья?

    Сочинение на тему моя семья.

    Сочинения на тему «Наука»?

    Сочинения на тему «Наука».

    Сочинение дир росу 4 клласса?

    Сочинение дир росу 4 клласса.

    Сочинение на тему :Моя жизнь?

    Сочинение на тему :

    Сочинение на тему доверчивость?

    Сочинение на тему доверчивость.

    Сочинение на тему гостиприимство)))?

    Сочинение на тему гостиприимство))).

    Сочинение на тему «Что я люблю»?

    Сочинение на тему «Что я люблю».

    Сочинение на тему?

    Сочинение на тему.

    Сочинение на тему плавание?

    Сочинение на тему плавание.

    Сочинение сочинение на тему валюта Казахстана на казахском?

    Сочинение сочинение на тему валюта Казахстана на казахском.

    На странице вопроса Сочинение на тему дир эбель? из категории Другие предметы вы найдете ответ для уровня учащихся 1 — 4 классов. Если полученный ответ не устраивает и нужно расшить круг поиска, используйте удобную поисковую систему сайта. Можно также ознакомиться с похожими вопросами и ответами других пользователей в этой же категории или создать новый вопрос. Возможно, вам будет полезной информация, оставленная пользователями в комментариях, где можно обсудить тему с помощью обратной связи.

    Светимость при неизменном радиусе пропорциональна четвёртой степени температуры. В звёздных величинах это 2. 5 lg ((7200 / 6000) ^ 4) = ~0. 8 звездной величины.

    Потому что, если не чтить законы то весь мир может погрузиться в хаос.

    Он шел в поход с благими намерениями — защитить свою Родину.

    Карл Бернцв 1885 году изобрёл первый автомобиль с двигателем внутреннего сгорания. Через год он заполучил патент на инновационное изобретение и разрешение создаватьмашиныс бензиновым двигателем.

    Мұндай нәрселерді білмеу үшін ұят.

    Завтрак– овсяная каша на молоке с сухофруктами, орехами, 2 варёныхяйца, стакан молока или кефира ; второй завтрак– нежирный кефир, несколько бананов, апельсин ; обед– куриная грудка отварная, гречневая каша, овощной салат, сок ; полдник– бутерброд с ..

    Коммерческая деятельность рентабельна при правильном планировании затрат, потерь, расходов. Изучение коньюктуры рынка задача каждого коммерса. Реальное ценообразования способствует быстрому обороту вложеных средств.

    Листья, имеющие одну листовую пластинку, опадающую осенью целиком, называют простыми (картофель, дуб, морковь). Листья, у которых листовая пластина состоит из нескольких листочков, прикрепленных к основному черешку при помощи своих черешков и опадаю..

    Поваренная соль и сахар Сходства : белый кристаллический порошок, без запаха, хорошо растворим в воде. Различия : сахар имеет сладкий вкус, соль — соленый. Соль — естественный минерал не органичный продукт. Сахар — продукт полученный из растений -..

    © 2000-2022. При полном или частичном использовании материалов ссылка обязательна. 16+
    Сайт защищён технологией reCAPTCHA, к которой применяются Политика конфиденциальности и Условия использования от Google.

    Нажмите, чтобы узнать подробности

    Жакъа нилъер инеб буго рагьараб дарс.Жакъасеб дарс дие байбихьизе бокьун буго биценалдалъун.

    -Вай, кин дида гъов вич1ч1илев?

    Дида лъаларогури гъолъул мац1ин абунила бадибеги балагьун лъимералъ. –

    -Дица щиб гьабилеб дудехун к1алъазе бокьани. Аллагьас берцинго бот1рода кверги хъван абунила. Дур малаикалъ малълъилин дуда квералги цере ккун гьаризе. Хадуб лъимаца абунила: жинда раг1анин дунялалда квешлъи бугилан.

    -Лъица дун ц1унулев?

    Дур малаикалъ ц1унизе вуго мун, жиндирго г1умруялда гурх1ичого.

    -Дун пашманго вуго, щайгурелъул дида т1ок1ав мун вихьуларо.

    -Дур малаикалъ бицине буго дуда кинабго, гьелъ бихьизабизе буго дуда дихъе бугеб нух, кин дихъе мун вуссиневали. Гьединлъидал дун кидаго дуда цадахъ вук1ине вуго.

    Гьеб заманалда ракьалдаса гьаракь раг1анила, лъимаца хекко-хекко гьикъанила:

    -Дир малаикалда ц1ар щиб?

    Гьелъул ц1аралъул маг1на гьеч1о, дуца гьелда абизе буго эбелилан.

    Ц1унизе те нуж кидаго нужер малаикалъ.

    _-Лъимал, сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб гьаб биценалда?

    — Гьаб биценалда сунда релълъинаюлей йигей эбел?

    Бит1араб буго лъимал, эбел йиго нилъер малаик, гьелъ ц1унула нилъ сундасаго, кьеги гьелъие талих1, йоххун таги гьей лъималаздаса.

    3.ЦIияб дарс малъи

    Эбел, к1очонаро гьит1инаб мехалъ,

    Дун къват1ахъ кват1игун, кидаго дуца

    Горт1а лъун толаан бакараб чирахъ

    Ва къирун толаан къач1ого каву.

    Вач1унаан рокъов,кьижулаан дун,

    Кьурулаан дуца г1одобе чирахъ.

    Ялагьулаан мун къан бугищ нуц1а,

    Къулулаан т1аде, сордо лъик1 васин.

    — Киналниги хъвадарухъабаз ва поэтаз хъвана эбелалъул хIакъалъулъ кучIдул ва асарал. Киналниги кочIохъабаз ахIула эбелалъул хIакъалъулъ. Гьелде кIвар буссинабуна нилъер церетIурал поэтаз, хъвадарухъабаз: Р. ХIамзатовас, АхIмад МухIамадовас, , ЖабрагIил ХIасановас, Машидат Гъайирбеговалъ, Фазу ГIалиевалъ, МухIамад-Расул Расуловас, Аткъай Аджаматовас ва гьел гурел цогидазги.

    — Лъимал, кин нужеда ракIалде кколеб, щайдай гьеб гьедин бугеб? (Щайгурелъул эбел киназего йокьула, гьей цохIо йикIуна, гьей тIокIай лъицаниги хисуларо, эбелалдаса хириял гIадамал гIумруялда жанир цониги рукIунаро).

    ЦIакъ гIемерал руго Россиялда, гьанже байбихьун буго Дагъистаналдаги эбел-эмен Херазул рокъоре рехун толел.

    — Жакъасеб нилъер дарсил эпиграфлъун росун ругел гьал рагIабазул магIна кин нужеда бичIчIулеб?

    Лъималазул жавабазухъ гIенеккила, магIарул мацIалда бицине кIвечIел гIурус мацIалда бицине риччала.

    Эбел чIаго йигебгIан мехалъ нуж рукIине руго талихIаллъун.

    Эбел йигеб бакI — гьеб релълъуна алжаналда

    -Алжаналъул каву рагьараб буго эбелалъул къимат ва хIурмат гьабулел гIадамазе.

    — Балагьеха рагIабазул гъварилъи. КигIан берцинаб сурат бугеб гьаб: эбелги лъимерги.

    Дуда эбелалъул берал рихьанищ,

    Балагьун гIорцIичIел гIумруялъго духъ?

    Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,

    Кинабго дуе кьун ракъван тIагIарал?

    Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ,

    ГьитIинлъун тIагIараб дур тIалабаца?

    Дуда эбелалъул угьи рагIанищ,

    Гьаб дуниял цIураб, цIилал соролеб?

    — Кин бичIчIулеб нужеда гьаб кочIол бетIералъул магIна?

    — ТIоцебе учителас цIалила, анализ гьабила кочIол. Хадуб лъималаз цIалила цо-цоккун.

    — Эбелалде бугеб рокьи поэтас кин загьир гьабун бугеб?

    — Эбелалъул рокьиялъ, гьелъул хIеренлъиялъ лъимал лъикIаб хьвада-чIвадиялде куцалеб ругеб къагIида кин бихьизабун бугеб?

    — Гьединго Расул ХIамзатовасул буго цоги кечIги эбелалъул хIакъалъулъ хъвараб.

    Квен кьурайги мун, эбел,

    КечI кьурайги мун, эбел,

    Квер кьурайги мун, эбел,

    Бер кьурайги мун, эбел

    ГIумру кьурай мун, эбел,

    ГIалам кьурай мун, эбел,

    Хинлъи кьурай мун, эбел,

    ЛъикIлъи кьурай мун, эбел.

    Их кьурайги мун, эбел,

    Нух кьурайги мун, эбел,

    Бакъ кьурайги мун, эбел,

    Къо кьурайги мун, эбел

    ГIадамал цоги руго

    Мун цохIо – тIокIай гьечIо.

    Цогияз дуца кьолеб

    Рохел дие кьоларо.

    Эбелалъул ракI: букъараб заргIанаб, гъваридаб, гIатIидаб, лъимадул рохелалъ зодиб боржунеб, лъимадул ургъелалъ ракьулъ тIерхьунеб, тIолабго дуниял жаниб бачараб, дуниялалъул тIалаб тIаде босараб, къуватаб, канлъи бикьулеб, нухал гвангъулеб ва гьел гурел цогидалги эпитетал хIалтIизарун руго кочIолъ. ИяхI бугей, рагIдукь кIусун къо рехуларей, хIеренай, кIвахI гьечIей, бокьараб жо баччулейлъун йихьизаюн йиго эбел.

    Ах1улаго кеч1гун рукъ лъухьулев вугев васада т1аде лъугьун яч1уна эбел.

    -Мух1амад, щиб ккараб?

    — Щибниги ккеч1о эбел.

    -Щай кколареб? Дуца рукъ лъухьун бугогури!!

    -Аб чорокго бугоха

    Мух1амад, бице эбелалъул, щиб ккараб? ахирисеб нухалъ дуца рукъ лъухьун бук1ана к1ийила ккараб мехалъ. Дуца х1ургийищ бац1ц1араб?

    -Бице, дуца щиб гьабураб? Мун гъокьищ тарав?

    (Эбелалъухъ бугеб сумкаги нахъе босулаго. Дица абулеб бугогури щибниги ккеч1ёо, чороклъун бук1ун бак1арулеб бук1ана).

    -Дуца бусенгийищ бак1арараб?

    Полотенцаялъ бет1ерги бихьулаго г1одой йик1уна.Дун директорас школалдейищ ах1улей йигей?

    — Эбел, х1инкъуге! Дицаго дарсалги гьаруна, кваназеги кванана, г1усалги чурана.

    — Дицаго! (эбел г1акълудаса уна)

    — Эбел! Дуе щиб ккараб?Дица дуе лъим босила. ( т1аде рач1уна цадахъ ц1алулел лъимал)

    — Гьая Мух1амад, бицея, гьабурабищ дуца эбелалъе кумек?

    — Гьабуна, балагье ккараб жо.

    -Пат1имат хекко аптечка босе.

    -Мух1амад , дуца щай абич1еб эбелалда цо къоялъул кумек бук1анилан.

    _-Ия дир вас, дуца дие цо къоялъ гурони кумек гьабизе гьеч1ебищ7

    — Гьеч1о эбел. ( эбел г1акълуялдаса уна)

    Бицен

    ГIемерисезда рагIун батила, цIалун батила гьаб биценалъул. Нилъер умумузул бицен буго эбелалъул ракIалъул хIакъалъулъ.

    — Гьаб кечI буго гьаб биценги кьочIое босун гьабураб.

    Кицабигун хIалтIи

    — Лъимал, гIемерал кицаби ва абиял руго эбелалъул хIакъалъулъ.

    1.— Эбелалъул ракI гурхIи цIаялъги бухIуларо.

    Эбелалъул ракI бухIи лъадалъги тIерхьунаро

    Гьанибги бокьун буго дие цо бицен бицине гьаб кициялда хурхараб.

    Цо васасул йик1ун йиго цояб берги гьеч1ей бецай эбел. Жинда хадуй школалде яч1анила эбел, гьелда лъимал релъанхъизе лъугьанила.

    -Мун дида хадуй яч1инч1ого рокъой щай йик1инч1ей? Эбелалъ щибниги абич1о дида. Дида рак1алде кколаан гьадинай эбел йик1инег1ан йик1инч1ого лъик1илан. Дун ц1алун лъуг1ун хадув Сингапуралде х1алт1изе ана. Гьений дица ч1ужуги ячана, к1иго лъимерги гьабуна дие. Цо нухалъ дихъе щвезе яч1ана эбел, дир лъималазда гьей дах1аэбел йик1ин лъалароан, гьел гьелда т1ад релъанхъизе лъугьана. Дица гьелда абуна , мун нечезег1аг нечеч1ийищ дихъе яч1ине, нахъе а дир гьаниса, эбелалъ гьебмехалъги дида щибниги абич1о, гьей нахъе ана. Цо чанго соналдасан цадахъ ц1алулел рук1арал лъималаз дандч1вазе ах1ана. Нижеца дандч1вай гьабуна. Дун росулъе тира-сверизе ана, тирулаго дун нижерго рукъалде цеве щвана. Гьеб мехалъги дида рак1алде ккеч1о эбелалъухъе щвезе ине. Гьений нуц1ил к1алт1а ятарай цо ч1ужуялъдихъе кагъат кьуна. Гьаб щиб кагъатилан гьикъидал. Дур эбелги хвана, гьаб дур эбелалъ духъе кьейин тараб кагъат буго. Дица гьеб кагъат ц1алана. Дир хирияв вас, мун дида т1аса лъугьа, дица дуе дунялалъул рокъоб дуе гьабураб цо лъик1лъи бук1ана. Гьит1инаб мехалъ дур васандулаго цояб бер бахъун бук1ана. Мун бецав теларин абун , дуда г1адамал релъилин х1инкъун дица цояб бер бахъун лъун бук1ана дуда. Мун дида т1аса лъугьа.

    2. -Эбел-инсул адаб тарав халкъалъе басралъула.

    3. — Эбелалъухъ гIенеккуларел ВатIаналъеги мутIигIлъуларел

    4. — Эбелалъул ракI – лъимадул каранда, лъимадул ракI – гьаваязда

    5. — Эбелалъе нужеца гьабураб нужер лъималаз нужееги гьабулеб

    6. — Эбелалъе кьураб гIазаб – дурго нухде бараб заз

    7. — Эбелалъе гьабураб хъулухъ – дуего нухде бараб тIех

    8.- Эбел-эмен хер гьарулелги лъимал, бахIар гьарулелги лъимал

    9.- Эбел разияб лъимер – лъугIи гьечIеб хазина

    сценар ий.

    Эбел,унго, гьеб раг1ул гъварилъи,къвак1и, къох1ехьей.Бугебдай эбелалъ х1ехьоларебги, гьелда бихьуларебги жо дунялалда.

    Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ

    Гьит1инлъун т1аг1араб дур т1алабаца?

    Дуда эбелалъул угьи раг1анищ,

    Гьаб дуниял ц1ураб, ц1илал соролеб?

    Эбелалъул гьумер … Гьеч1о дунялалда гьебг1ан гвангъараб,гьайбатаб,берцинаб сурат.Зах1матал лах1затазда гьеб сипат цебе т1амуни, т1аг1уна чиясул чорхолъа свакги,ццинги, хъач1лъиги, хъант1иги.Гьелъул бак1 ккола сабруялъ, сахаватлъиялъ, рах1му-ц1обалъ. Гьеб заманалда эркенлъула квешал къасдаздаса, къвариг1ел гьеч1еб жах1да-х1усудалдаса.

    Лъимер каранде къалей

    Эбел г1адин г1акъилаб,

    Г1умру кида бук1инеб

    Гьаб нилъер ракьалда?

    Эбелалъул кверал … Гьез бежараб чадил т1аг1ам т1убараб г1умруялъ лъуг1уларо лъимадул мац1алдаса.Эбелалъ бот1рода бахъараб квералъул х1еренлъиги хинлъиги хут1ула херлъараб мехалъги чиясул рак1алде щвеязулъ. Гьел хъах1ал,недегьал квераз к1ик1уна лъимадул кини.

    Цинги гьезго г1уц1ула г1умру лъимадуй.

    Керен кьун хьихьаралъухъ,

    Киналго т1алабазухъ,

    Кинида лъимер лъураб къоялдаса байбихьун эбелалъ васазе ах1ула г1аданлъиги бах1арчилъиги гъорлъ бессарал, зах1маталде рокьи бижизабулеб, гьел куцалел,рит1ухъаллъун рахъине квербакъи гьабулел куч1дул. Рицуна г1ажаибал, бат1и-бат1иял маргьаби.Гьелъги батила маг1арул росабалъ лебалал,къвак1арал,къо х1ехьезе бажари бугел васал г1ун рач1унел.

    Кинида лъурай ясалъе эбелалъ ах1ула яс х1еренай лъугьине, меседг1ан яц1ц1адай йик1ине, вацазулги инсулги адаб бугей яхъине, ч1ах1иязе кидаго кумекалъе щолейлъун яхъине куч1дул. Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 хъвач1ев шаг1ир ватиларо дунялалда т1ад.Киналго шаг1ирзабаз ах1улел руго улбул ц1унизе,гьел рокьизе,гьел рази гьаризе.

    Киг1ан г1акъилав,киг1ан машгьурав чи мун лъугьаниги, к1очонге,дур бит1ккеязулъ дур бергьенлъабазулъ эбелалъ лъураб бут1аги бук1ин.

    Нилъеца абула эбел-Ват1анин.Ват1анги эбелги цо гурони рук1унареблъи лъаларев чи щивха ватилев. Цогидаз кидаго гьел хисулареблъиги лъалелъул щивав инсанасда, гьит1инасдаги,к1удиясдаги.

    Нилъеца гьа бала эбелалъул ц1ар бахъун.Гьеб бук1уна бищунго щулияб гьа.Щивав чи х1адур вук1уна эбелалъул къадруги ват1аналъул эркенлъиги ц1унун г1мру кьезе.Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ хал гьабун, гьеб борцун борхула чиясул къадру.

    Мун разияб гьеч1ищ

    Гьедин хъвана Расул Х1. Бищунго цебе эбелги ват1анги рехсола чияс.Гьел к1одогьаруралг1ан живго к1одолъулевлъи лъан. Гьел разилъанаг1ан живго вохизе бич1ч1ун, гьел бечелъанаг1ан живго лъик1 вук1уневлъи лъан.

    Лъимер унтизег1ан жийго унтизе х1адурай, жийго якъун лъимер хьихьизе къач1арай, гьелъие г1оло г1умруялъ х1алт1улей,х1еренай,х1алимай, лъик1ай йиго щивасул эбел. Ц1уне,лъимал, нужеца улбул! Эбелалъул х1ат1икь батулин нужее алжан!

    Сочинение на аварском языке эбел

    Хирияй, х1алимай, х1асратай эбел

    Йокьула, йокьула, йокьула мун дий.

    Гьарула дица дуй щулияб сахлъи

    Лъимал-рукъалдаса йохун таги мун.

    Гьал къоязда киса-кибего улкаялдаго г1адин Ц1ада росдал школалдаги к1одо гьабуна библиотекаялъул х1алт1ухъабигун цадахъ эбелалъул къо.

    Эбел, гьеб раг1ул хинлъиги, хиралъиги, х1айранлъиги, х1еренлъиги, недегьлъиги лъаларев чи вижулев ватиларо ракьалда. Лъималазул рохел-эбелалъул рохел, лъималазул пашманлъи-эбелалъул рах1атхвей. Эбел ккола рукъалъул гъанситухъ ц1а ц1унулейги, лъик1аб тарбия кьун нилъер обществоялъул бук1инесеб г1ел-лъимал г1езарулейги, гьел г1адамалъе рахъинарулейги г1адан.

    Т1аде ах1арал гьалбадерида, гьел гьоркьор ккун киналго руччабазда баркиялъулаб к1алъайги гьабун, гьеб вечер рагьана Ц1ада библиотекаялъул заведующая Г1алибегова Анисатица. Ц1ада аслияб школалъул ц1алдохъабаз рик1к1ана эбелалъул хиралъиялде гьарурал куч1дул.

    Руччабазда гьайбатаб байрам баркизе дандеруссиналде рач1ун рук1ана Ц1ада росдал администрациялъул бет1ер Мух1амадов Мух1амад, гьебго росдал школалъул директор Г1алибегов Сайгидх1осен, лъебералда анлъго соналъ байбихьул школалъе нухмалъи гьабурав Мусаев Мух1амад ва гь. ц. Гьез нилъ гьарурал, к1удиял г1езарурал, бит1араб г1умруялъул нухде нилъ рачарал улбузда, яцазда баркана эбелалъул къо.

    Руччаби к1удияб адабалъеги, реццалъеги мустах1икъал ругилан лъазабуна гьез. Жакъа нилъер маг1ишаталъул кинаб бут1аялда босаниги руччаби камураб бак1 гьеч1о. К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда босаниги, гьелдаса хадусел соназ босаниги, руччабаз кибго бихьизабуна цебехъанги, къо х1ехьей, сабру, ях1-намус. Кибго ва сундулъго гьел рук1ана мисалияллъун.

    Залалда к1удияб ч1аголъи бач1инабун бук1ана щибаб цере рахъиналдаса хадуб куч1дул ах1ун культураялъул х1аракатчи Х1ажимурад Дибировасги. Ниг1матаз бечед гьабураб столалда нахъа г1уц1араб рохалилаб байрам ана киналго разияб ах1вал-х1алалда.

    Улбуз рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жидее гьадинаб гьайбатаб, берцинаб байрам г1уц1арал библиотекаялъул ва школалъул х1алт1ухъабазе.

    Гьеб вечер рагьана ва нухда бачана СДК-ялъул директор Г1абдурах1манова Хадижатица. Гьелъ баркиялъул к1алъай гьабизе раг1и кьуна росдал бегавул Х1айбулаев Саг1адулагьие. «Нилъер улбузул лъик1ал ишаз ва берцинаб г1амал-т1абиг1аталъ квербакъулеб буго г1олеб г1елалъулъ лъик1ал хасиятал куцаялъе, жамг1ияталда рекъел ва раг1и дандеккей бук1инабиялъе. Гъанситоялъул хинлъи ц1унулей х1исабалда ч1ужуг1адан-эбел кидаго йик1ана ва йиго кинабго лъик1абщинабги гвангъараб щинабги жиндилъ бессарайлъун.

    Баркиялъулал к1алъаял гьаруна школалъул директор Хваджаева Пат1иматица, Батирханова Г1айишатица, зах1маталъул ветеран Г1алиева Басиратица ва цогидазги. Бук1ана вечералъул г1ахьалчаг1азе г1уц1араб умумузул кванил ц1ураб гьайбатаб столги, рик1к1ана улбузе сайгъат гьарурал куч1дулги, хасго Мух1асива Залмуца ах1арал куч1дуз киналго вечералда г1ахьаллъаразул рак1ал рохизаруна. Ахиралдаги, киналго т1аде ах1ун рач1аразул рахъалдасан жидее гьадинаб гьайбатаб вечер т1обит1изе рак1алде ккарал клубалъул х1алт1ухъаби Г1абдурах1манова Хадижатие, Мух1асинова Залмуе, библиотекаялъул х1алт1ухъаби Г1абдулаев Х1ажие, Бат1алова Хадижатие рак1-рак1алъул баркала загьир гьабун хинал раг1аби абулелъул, бихьулеб бук1ана вечералда г1ахьаллъарал киналго рази рук1ин жидее гьабураб ихтилат-кепалдаса. Хъизан, рукъалдаса рохун таги нуж, х1урматиял улбул.

    Читайте также:

        

    • Затерянный мир конан дойл сочинение
    •   

    • Сочинение в форме репортажа или интервью о процессе труда по личным наблюдениям 7 класс
    •   

    • Базовые потребности животного сочинение по биологии 5 класс
    •   

    • Сочинение на тему противоречивость образа пугачева в повести а с пушкина капитанская дочка
    •   

    • Сергей владимирович михалков сочинение

    На чтение 10 мин. Просмотров 12

    Эбелалъул къо «Сунаро дур канлъи,хирияй эбел».

    Эбелалъул къо к1одо гьабун

    сценар ий.

    Эбел,унго, гьеб раг1ул гъварилъи,къвак1и, къох1ехьей.Бугебдай эбелалъ х1ехьоларебги, гьелда бихьуларебги жо дунялалда.

    Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ

    Гьит1инлъун т1аг1араб дур т1алабаца?

    Дуда эбелалъул угьи раг1анищ,

    Гьаб дуниял ц1ураб, ц1илал соролеб?

    Эбелалъул гьумер … Гьеч1о дунялалда гьебг1ан гвангъараб,гьайбатаб,берцинаб сурат.Зах1матал лах1затазда гьеб сипат цебе т1амуни, т1аг1уна чиясул чорхолъа свакги,ццинги, хъач1лъиги, хъант1иги.Гьелъул бак1 ккола сабруялъ, сахаватлъиялъ, рах1му-ц1обалъ. Гьеб заманалда эркенлъула квешал къасдаздаса, къвариг1ел гьеч1еб жах1да-х1усудалдаса.

    Лъимер каранде къалей

    Эбел г1адин г1акъилаб,

    Г1умру кида бук1инеб

    Гьаб нилъер ракьалда?

    Эбелалъул кверал … Гьез бежараб чадил т1аг1ам т1убараб г1умруялъ лъуг1уларо лъимадул мац1алдаса.Эбелалъ бот1рода бахъараб квералъул х1еренлъиги хинлъиги хут1ула херлъараб мехалъги чиясул рак1алде щвеязулъ. Гьел хъах1ал,недегьал квераз к1ик1уна лъимадул кини.

    Цинги гьезго г1уц1ула г1умру лъимадуй.

    Керен кьун хьихьаралъухъ,

    Киналго т1алабазухъ,

    Кинида лъимер лъураб къоялдаса байбихьун эбелалъ васазе ах1ула г1аданлъиги бах1арчилъиги гъорлъ бессарал, зах1маталде рокьи бижизабулеб, гьел куцалел,рит1ухъаллъун рахъине квербакъи гьабулел куч1дул. Рицуна г1ажаибал, бат1и-бат1иял маргьаби.Гьелъги батила маг1арул росабалъ лебалал,къвак1арал,къо х1ехьезе бажари бугел васал г1ун рач1унел.

    Кинида лъурай ясалъе эбелалъ ах1ула яс х1еренай лъугьине, меседг1ан яц1ц1адай йик1ине, вацазулги инсулги адаб бугей яхъине, ч1ах1иязе кидаго кумекалъе щолейлъун яхъине куч1дул. Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 хъвач1ев шаг1ир ватиларо дунялалда т1ад.Киналго шаг1ирзабаз ах1улел руго улбул ц1унизе,гьел рокьизе,гьел рази гьаризе.

    Киг1ан г1акъилав,киг1ан машгьурав чи мун лъугьаниги, к1очонге,дур бит1ккеязулъ дур бергьенлъабазулъ эбелалъ лъураб бут1аги бук1ин.

    Нилъеца абула эбел-Ват1анин.Ват1анги эбелги цо гурони рук1унареблъи лъаларев чи щивха ватилев. Цогидаз кидаго гьел хисулареблъиги лъалелъул щивав инсанасда, гьит1инасдаги,к1удиясдаги.

    Нилъеца гьа бала эбелалъул ц1ар бахъун.Гьеб бук1уна бищунго щулияб гьа.Щивав чи х1адур вук1уна эбелалъул къадруги ват1аналъул эркенлъиги ц1унун г1мру кьезе.Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ хал гьабун, гьеб борцун борхула чиясул къадру.

    Мун разияб гьеч1ищ

    Гьедин хъвана Расул Х1. Бищунго цебе эбелги ват1анги рехсола чияс.Гьел к1одогьаруралг1ан живго к1одолъулевлъи лъан. Гьел разилъанаг1ан живго вохизе бич1ч1ун, гьел бечелъанаг1ан живго лъик1 вук1уневлъи лъан.

    Лъимер унтизег1ан жийго унтизе х1адурай, жийго якъун лъимер хьихьизе къач1арай, гьелъие г1оло г1умруялъ х1алт1улей,х1еренай,х1алимай, лъик1ай йиго щивасул эбел. Ц1уне,лъимал, нужеца улбул! Эбелалъул х1ат1икь батулин нужее алжан!

    Источник

    Сочинение ученицы 9 класса Дибировой Амины Д. Расул Х1амзатовасул «Дир рак1 муг1рузда буго» абураб асаралда т1асан.

    Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.

    Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.

    Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

    Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

    Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

    Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

    Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.

    Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.

    Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!

    Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.

    Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».

    Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.

    «Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.

    Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.

    -Аваразул калам,гьелъул камиллъи!

    Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.

    «Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.

    Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.

    Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!

    Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.

    Аваразул калам гьелъул камиллъи!

    Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

    Амма дица дирго рахъалъ абила:

    Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

    Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.

    Источник

    Утренник к 8 марту на аварском языке

    Утренник к 8 марту учащихся 2-го класса.

    Нужер т1алабазда, бер къапич1ого,

    Бице,щий йик1уней къасиги къадги?

    Лъица бищунго ц1акъ нуж реэдулел?

    Лъица нужер кини даим к1ик1улеб?

    Куч1дул ах1ун, лъица рак1гъезабулеб?

    Маргьаби лъицаха нужей рицунел?

    Расанк1аби лъица нужей росулел?

    Все- Лъик1ай эбелалъ.

    Нуж к1вах1аллъанани, к1арчамлъанани,

    К1удияз малъараб алхун танани,

    Балъго маг1у лъица г1одобе т1олеб?

    Г1агарай эбелалъ, лъик1ай эбелалъ.

    Квен кьурайги мун, эбел,

    Кеч1 кьурайги мун, эбел,

    Квер кьурайги мун, эбел,

    Бер кьурайги мун, эбел,

    Их кьурайги мун, эбел,

    Нух кьурайги мун, эбел,

    Бакъ кьурайги мун, эбел,

    Къо кьурайги мун, эбел,

    Г1умру кьурай мун, эбел,

    Г1алам кьурай мун, эбел,

    Хинлъи кьурай мун, эбел,

    Лъик1лъи кьурай мун, эбел,

    Г1адамал цоги руго,

    Мун цох1о – т1ок1ай гьеч1о.

    Цагияз дуца кьолеб

    Эбел, дида ккола киналго т1угьдул

    Дур гьимиялдаса гьарун ратилин,

    Гьелъ гурищ рак1 – рак1алъ г1адамазе гьел

    Гьадиг1ан ракьалда рокьулел ругел.

    Дур бералин ккола сардида ц1ваби,

    Ц1уне лъималилан к1алъай гьабулел,

    Ва амма васазул аслияб мурад

    Мун ц1уни, мун ц1уни, мун ц1уни буго.

    Щибаб их бач1ингун рорч1арал лъарал

    Лъиде кеч1 ах1улеб? – Дир эбелалде,

    Дицаги, как г1адин, киве щваниги,

    Щурула, абула эбел, эбелан.

    Кий мун йик1аниги – рик1к1ад, г1агарда

    Г1умруялъ лъималгун цадахъ хут1ула.

    Цере-нахъ ниж нагагь къосун кканани,

    Кидаго х1адурай х1алай яч1ине.

    Эбел, к1очонаро гьит1инаб мехалъ,

    Дун къват1ахъ кват1игун, кидаго дуца

    Горт1а лъун толаан бакараб чирахъ

    Ва къирун толаан къач1ого каву.

    Вач1унаан рукъой, кьижулаан дун,

    Кьурулаан дуца г1одобе чирахъ.

    Балагьулаан мун къан бугиш нуц1а,

    Къулулаан т1аде сордо лъик1 васин.

    Сонал ана горт1а чирахъ кенч1ана,

    Дур васаз иргадал росо нахъ тана.

    Квег1аб берзул маг1у кваранаб квералъ

    Киг1ан г1емер балъго дуца бац1ц1араб.

    Эбел, дир соназул гьал сверабазда

    Дида росо цояз бицунеб буго:

    Дуца рогьинег1ан г1агараб горт1а,

    Г1одой кьуруларин бакараб чирахъ;

    Дуца гьанжелъег1ан къирун тун ругин

    Къач1ого каваби васас рагьизе;

    Мун балагьун йигин к1ват1арал лъимал

    Кидадай руссина гъасде.

    Дица балъго, эбел, кваранаб квералъ

    Квег1аб берзул маг1у бац1ц1уна сардилъ.

    Дун вач1ина духъе, вач1ина духъе,

    Чирахъ г1одой кьурун кьижа, дир мискин.

    Щвела дун росулъе, щвела рукъове,

    Къирун тараб каву къай, дир хирияй;

    Каранда рак1 лъурай, сордо лъик1, эбел.

    Испанияз Мадре, г1урусаз Мама,

    Ингилисаз Мазе, нилъеца Эбел,

    Азарго мац1алда гьаб къокъаб раг1и

    Раг1ула ах1улеб цого бух1иялъ.

    Абула унтулез, рортун унеца,

    Эбелалъ рач1ун жал кквелел киниги.

    Абула чвахулеб г1оралъ росулез,

    Т1аса лъугьайилан гьарулеб г1адин.

    Гъот1ода решт1араб т1инч1аб милъиршо,

    Мун эбелин гуриш ах1делеб бугеб?

    Рохьаздаса женжелеб, лъукъараб чан, мун

    Дуй г1умру кьуралъухъ гуриш г1одулеб?

    Ганч1азда гъоркь бугеб иццухъ г1енеккун,

    Эбелан угьдилеб раг1улеб буго.

    Зодосан бараб ц1ад, г1одой щварабго,

    Гьебго раг1и абун уна ракьулъе.

    Ц1амг1алаб маг1ица, бух1араб биялъ,

    Рах1ат гьеч1еб рак1алъ, кинабго черхалъ

    Дицаги кидаго, киве щваниги,

    Т1аса лъугьайилан, ургъел ккогеян,

    Кинабго лъик1 бугин абулеб г1адин,

    Испанияз Мадре, г1урусаз Мама,

    Ингилисаз Мазе, нилъеца Эбел,

    Азарго мац1алда цого бух1иялъ

    Ах1ула къадруяб гьаб къокъаб раг1и.

    Для скачивания материалов с сайта необходимо авторизоваться на сайте (войти под своим логином и паролем)

    Если Вы не регистрировались ранее, Вы можете зарегистрироваться.
    После авторизации/регистрации на сайте Вы сможете скачивать необходимый в работе материал.

    Заказать рецензию на методическую разработку
    можно здесь

    Оказание первой помощи в образовательных учреждениях Пройти обучение

    Источник

    Понравилась статья? Поделить с друзьями:

    Новое и интересное на сайте:

  • Сочинение по а н толстому родина егэ по русскому
  • Сочинение по а грину в рамках егэ
  • Сочинение по 2 главе мертвые души кратко
  • Сочинение плясать под чужую дудку
  • Сочинение плохое влияние 9 класс

  • 0 0 голоса
    Рейтинг статьи
    Подписаться
    Уведомить о
    guest

    0 комментариев
    Старые
    Новые Популярные
    Межтекстовые Отзывы
    Посмотреть все комментарии