Сочинение про дагестан на аварском языке

Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда гьоркьоб бищунго к1удияб, хирияб ва г1агараб. К1удияб бугониги гьит1инаб бугониги, гьеб кинабго бараб буго живго инсанасда, гьесул лъаялда, Ват1ан бокьизе, ц1унизе ва бич1ч1изе бажариялда. Гьелде бугеб рокьи данде ккола эбелалде бугеб рокьиялда. Гьадинаб аби буго: «Г1агарай эбел йокьич1есе Ват1анги бокьуларилан». Эбел-эменги Ват1анги нилъер бук1ана нилъ гьарурал, нилъ г1умруялде рач1араб мехалдасанго. Ват1анги, эбел-эменго г1адин т1аса бищуларо. Гьел ккола инсанасе цо нухалда кидагоялъе, г1умрудул ахирисел къоязде щвезег1ан. Нилъер умумузе ц1акъго бокьулаан Ват1ан-Дагъистан ва абулаан «Ват1аналда нилъ гьеч1ониги ч1езе к1олин, амма нилъеда Ват1ан гьеч1ого-киданиги».

Нилъер улка буго Россия. Дагъистаналъ ккола Россиялъул бищунго бакъбаккудехун буссараб бут1а.

Нилъее рес щвана гьадинаб г1ажаибаб ракьалда рижизе. Ч1ух1е, хириял, нуж рижун руго ц1ар раг1араб ва гьайбатаб улкаялда-г1емермиллатазулаб Дагъистаналда.

Тюрказул мац1алдасан буссинабуни «Дагъистан» ккола муг1рузул улка, «даг»-мег1ер, «стан»-улка. Гьеб ц1аралъ жинцаго бицунеб буго, республикаялъул к1удияб бут1а Бакъбаккул Кавказалъул муг1руз ккун бук1ин. Гьеб ккола 70 проценталдасаги ц1ик1к1араб бут1а. Гьениб рорхалъаби рахчула нак1к1азул т1аргъаз, к1к1алабахъ хъудула лъел чвахиял, авлахъазда чилчидула г1едег1ун унел лъарал. Дагъистан ккола Европаги Азияги цолъулеб бак1алде гьоркьобе. Гьелъул г1ат1илъи ккола 50,3 азарго квадратияб километр ва Северияб Кавказалъул бищунго к1удияб республика.

Гьанжесеб Дагъистаналъул ракь, гьелъул рорхатал муг1рузги, гъваридал муг1рузда гьоркьосел чвахиязги, муг1рузул расалъабазги, кьер-кьерал пайдаял маг1даназги лъугьун бач1ана геологияб тарихалда жаниб нус-нус миллион соназ. Дагъистаналъул буго г1ажаибго бат1ияб ракьул г1уц1и. 400 метраялдасаги эхеде унел г1азуцагун ц1ороца рахчарал рорхатал муг1рул т1огьал хисула океаналъул гьумералдасаги гъоркье арал г1ат1идал авлахъаз. Республикаялъул цо бут1а буго Кавказалъул муг1рузда, цогидаб Каспиялда аск1осеб г1одоблъиялда. Гьел ккола щобал, гох1ал, муг1рул, муг1рузда цересел бак1ал.

Бац1ц1адаб гьава, унго-унгоял гьава-бакъалъулал шарт1ал, къанаг1атаб гъвет1-хер-гьел ккола аслиял т1ок1лъабилъун гьеб г1ажаибаб улкаялъул.

Дагъистан-гьеб «муг1рузул улка» гуребги, «мац1ц1азул улкаги» ккола. Г1емермиллатазулаб цо халкъалдеги сверун, гьелъул ракьалда г1умру гьабун буго чанго анц1-анц1 этносаз.

Гьелъул г1адамал к1алъала 29 бат1ияб мац1алда ва 70 диалекталдагун наречиялда.

Дагъистаналъул т1абиг1аталъул памятникаллъун ккола унго-унгоял культуриябгун г1елмияб ва эстетикияб къаг1идаялъ къимат холарел экологиялъулаб бац1ц1алъи бугел бак1ал. Дагъистаналъул территориялда буго 306 т1абиг1ияб объект, гьездасан 26 ккола республикаялъулаб к1варалъул т1абиг1ияб памятниклъун.

Берцинал бак1ал руго киса-кирго, амма щивав чиясда лъазе ккола кинал г1ажаибал т1абиг1иял бак1ал гьев гьавураб ва г1ураб ракьалда ругелали. Гьединал бак1ал ратула Дагъистаналъул щибаб районалда ва росабалъ.

Хунзахъ район буго муг1рузулаб Дагъистаналда ралъдал гьумералдаса 1900 метралъул борхалъуда. Гьеб бечедаб буго г1ажаибаб берцинал лъел чвахияздалъун. Руганилъар, Илълъалъар, Хундериллъар, Тоботлъар чвахулел бак1аздасан руго чанго г1ажаибго берцинал лъел чвахиял. Гьезда гьоркьобги бищунго берцинаб ва к1удияблъун буго жиндир борхалъи 70 метр бугеб Тоботалъул лъел чвахи. Хасго ч1ах1ияллъун ва берциналлъун рук1уна Хунздерил лъел чвахиял ц1адал ран хадуб. Т1алъиялъул рагьараб бак1алдасан чвахулелщинал лълъималги цолъун, Тобот, Илълъа ва цогидалги лъарал сверула ц1акъго ч1ах1иял чвахелазде. Циндаго цере ратарал чабхил ва ганч1ил гох1алги цадахъ рачун унел лъел чвахиязда т1ад лъугьуна лъел къат1рабазул нак1к1ал ва чвахиязул гьаракьги г1емерал километраз добег1анги раг1ула.

Ц1акъ берцинаб лъел чвахи буго Сивухъ росдада аск1обег1анги. Гьеб чвахула 50 метраялдасаги ц1ик1к1араб борхалъудасан. Г1одобе чвахулеб лъим сверула гьалдолеб полопалде. Ц1акъго к1удияб къуваталда рортун рач1унел г1исинал къат1раби сверула хъах1аб лъел х1урул нак1к1азде. Лъел чвахиял берцин рихьула бакъ щвараб мехалда, гьел къат1рабазда реч1улел бакъул ч1ораз лъугьинабула г1емеркьеразулаб нур.

Риидал гурел, хасалоги берцин рук1уна лъел чвахиял. Гьезул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго машгьурав учитель-т1абиг1ат лъазабулев С. Д. Г1алиевас: «Хасало к1ич1-к1ич1арал к1к1алал къот1абазда далдалун рук1уна ч1ах1иял, гъорлъан канлъи бихьулел зобил кьераб гугьар гъорлъ бугел ц1унк1улук1ал, гъоркьан т1адейин абуни, гьезда данде рач1унел рук1уна т1огь бег1ерал, конусалда релъарал ц1орол х1убал. Лъел ч1ах1иял къат1раби, ц1унк1улук1азда т1асанги чвахун, гьел х1убазда т1ад реч1ч1ула ва къвак1арал х1убазда т1ад щварал гьездасан аза-азар кенч1ераби лъугьуна. Хасалил бакъ кенч1олеб заманалда ц1орол ц1ураб ц1олбокь к1к1алалъул кьураби кенч1езе лъугьуна нуралъулаб кунч1иялда, т1убараб гьеб к1к1алалъулго лъугьун бач1уна г1ажаибаб хаслъи».

Т1абиг1ияб берцинлъилъун ккола Хунздерил т1алъи Дагъистаналда бищунго борхатаблъун рик1к1унеб. Гьеб буго ралъдал гьумералдаса 1700-2200 метралъул борхалъиялда. Гьелъул халалъи буго 25 километр, г1еблъи 8-10 км, борхалъи 2 километр. Г1аммаб къаг1идаялъ босани, т1алъиялъ ккола 250 км2 г1ат1илъи. Г1уц1иялъул рахъалъ босани, Хунзахъ платоялъул ракьул г1уц1и релъуна т1аса г1одобе балагьараб бит1араб авлахъалда, гъваридал к1к1алабазда, гох1азда, щобазда, хъит1азда.

Севериябгин-востокалъул рахъалдасан платоялде сверун буго Т1анусдерил бал, югалъулгин-востокалъул рахъалдасан гьеб ккола Г1акаромег1ералъ, Востокалдасан Тобот лъаралъ ва Ц1олокь к1к1алалъ. К1к1ал байбихьула Хунзахъ хъалаялъул къадаздасан, лъуг1ула Шамил районалъул, Гьолокь росдада аск1об, Авар Койсуялъул раг1аллъабазда. К1к1алалъул г1аммаб халалъи бахуна 22 километралде, цо-цо бак1алда гьоркьохъеб борхалъи 1-4 километрги буго. Хунзахъ росдада аск1осан юго-востокалдехун к1к1алал гъварилъи бахуна 100-ялдаса 1000-1200 метралде щвезег1ан.

Хунздерил т1алъиялда ругел бищунго ц1ик1к1араллъун кколел Тобот, Илълъла, Хунздерил лъарал берцинал чвахияздеги сверун уна Ц1олбокь к1к1алахъе. Гьезул борхалъи бахуна 50-80 метраялде.

Ц1акъго г1ажаибаблъун ккола районалда Моч1охъ х1ор лъугьинги. Гьелда абула ихица лъугьинабураб х1орилан.

1963 соналъул 28 сентябралда Т1анусдерил балалъан, муг1рузул тайпаби ц1акъго риччун рук1иналдалъун, гьезул ц1айи ц1ик1к1ун бук1иналда бан, мег1ералъул к1удияб кесек т1ун бач1уна. Т1ун бач1араб мег1ералъул к1удияб бут1а 7 къоялъ хъущт1ун бач1унеб бук1ана секундалда жаниб 2-3 метраги тун. Микьабилеб къоялъ гьеб бортула Моч1охъ лъаралъе к1удияб гьаракьги сверухъе бахъинабун. Лъар т1аг1ана, гьелъул бак1алда лъугьана 1250 метр халалъиялъулги, 400 метра г1еблъиялъулги, 40-50 метралда гъварилъиялъулги бугеб х1ор. Х1ориниб бугеб лъел хинлъи ц1ик1к1араблъун лъугьана гьединалго муг1рузул х1оразда жаниб бугелдаса (+ 20 градус). Рик1к1унеб буго ракьулъан рач1унел хинал лъинал журан ратилин гьелде гъорлъеян. Мач1хъадерил х1оралъул ц1ар машгьурлъун буго жиндир берцинлъиялдалъун гуребги, сверун бугеб т1абиг1аталъул гьайбатлъиялъги. Гьениб нилъеда ратула Белый Амур, Толстолобик форель ччуг1а. Хасало х1орда т1ад ч1вала бицатаб ц1ер ва муг1рузул лабаллъабаздасан г1ажаибго берцинго бихьула.

Дир росу Харахьиги буго т1абиг1ат берцинаб, гъвет1-хер, г1и-боц1и гьарзаял муг1рузул лабаллъабазда гьоркьоб. Росдал Югалъулаб рахъалдасан чвахулеб буго Х1ебда-Реч абураб лъар. Гьелъул байбихьи буго Цабари мег1ералъул бакъбаккул рахъалдасан.

Лъаралда Х1ебдайилан ц1ар лъун буго гьелда аск1об бижулеб х1ебетилан абулеб хералъул ц1аралдасан. Лъарал халалъи буго 17-23 километр. Х1ебда-Реч буго ц1акъ к1ич1-к1ич1ун бач1унеб лъар ва гьеб жубала Г1андиг1орулъе, хадубккун Сулахъалъулъе.

Лъар уна Гьенк1к1елт1а, Лъаг1илухъ, Харахьи, Мущули росабазул ракьалдасан. Цогидал муг1рузул лъаразулго г1адин, Х1ебда-Речалъул буго бат1и-бат1ияб г1еблъи. Цо-цо бак1алдасан гьелъул г1еблъи буго 7 метр, цогидалъусан-10 метр, лъабабилелъусан 20 метр, ункъабилелъусан-30-35 метр, цо-цо бак1аздасан 50-70-100 метрагицин. Ихдалги, хасалихъеги Х1ебда-Реч лъар лъугьуна г1емерлъим бугеблъун ва хъудулеблъун, жиндирго нухда-батараб кинабго хъамун, чурун унеблъун. Риидал лъим дагьлъула ва т1убараб г1еблъиялда чвахун уна. Цо-цо бак1аздасан т1убанго лъим бихха-хочун уна, цогидал бак1аздасан г1иц1го гъварилъаби ц1езарула.

Дир гьит1инаб Ват1ан-Харахьи росу бечедаб буго иццаздалъунги: Гъоркьияб Къулг1а, Т1асияб Къулг1а, Зайирбегил ицц, Х1акимил ицц, Каримиласул ицц ва цогидалги.

Инсанасе лъим х1ажат бук1уна рук1а-рахъиналдаги, росдал маг1ишаталда г1и-боц1уеги. Лъим х1ажалъула дунялалда бугебщинаб ч1агоябщиналъе, производствалъул бут1абазда.

Гъоркьияб Къулг1адухъ бугеб лъималда сверухъ гьадин бицуна росдал г1адамаз:

-Анц1ила ич1абилеб г1асруялда Имам Шамилица ц1унана Дагъистан гьеб бахъизе рач1унездаса. Рагъулал ишал унелъул, Имам Шамил вач1уна Харахьи росулъе. Гьеб заманалда росу бук1ана дин-исламалъул церехъабазул данделъаби т1орит1улеб центрлъун. Гъоркьияб къулг1адухъ цогидал диниял нухмалъулелгун вач1араб мехалда, Шамил Имамлъун вищула. Росдал г1адамаз бицуна гьеб ицц Имам Шамилица г1одоб т1ил кьабг1араб бак1алда лъугьараб бугилан.

2010 соналда росдал г1адамаз гьеб ицц ц1идасан къач1ана. Гьеб иццул лъим рик1к1уна г1адамазул бохх-квач1алъе даруяблъунги.

Районалъул т1абиг1иял памятникал гьел ккола Дагъистаналъул т1абиг1ияб ирсалъул к1вар бугел чит1ираллъун. Гьединлъидал х1ажат буго гьел хайир кьоледухъ х1алт1изаризе, ц1унизе.

Щивав районцоясе х1ажат буго экологияб лъай ва культура борхизабизе, районалъул г1ажаибго берцинаб т1абиг1аталде рокьи бижизабизе ва гьеб ц1унизе.

Ругьунлъе т1абиг1аталде к1вар буссинабизе, х1исаб гьабе нилъеда сверухъ бугеб г1адатияб гуребщиналъул, рек1елъ ц1уне т1абиг1аталъул берцинлъи, бищунго аслияб-бокье ва ц1уне гьеб. Т1абиг1атин кколеб щивав чиясул г1агараб рукъ. Дуцайин гьениб г1умру гьабизе бугеб, Дуцайин гьеб ц1унизе кколеб.

Загьра Дайтова, Харахьи гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница.

                      Сочинение

               Дир Дагъистан

              

Х1адур
гьабуна  «Агъвали гимназиялъул» 7 «б» классалъул  ц1алдохъан:

                             Дибирова Фатима Х1ажимух1амадовналъ

 Муг1алим: Х1ажимух1амадова
Пат1имат А..
 

                                          Агъвали
– 2021сон

    Дунялалда
г1емер батиларо нилъер Дагъистан г1адинаб г1ажаибаб улка.

   Дагъистаналъул
буго цебесеб бечедаб тарих. Гьанжеялдаса азаргог1ан соналъ цебе Кавказалда
бук1ана Дагъистанги гъорлъе унеб Кавказалъул Албания абулеб гучаб пачалихъ.
Амма  дагьалги къуватал гочарулел къавмазул х1ал бергьун, гьеб биххана.  

   Азаралда микьнусиялда
лъабкъоабилеб соналда Дагъистан Россиягун цолъун хадуб, г1уц1ана Дагъистаналъул
область.

  
Азаралда ич1нусиялда къоабилеб соналдаса хадуб Совет власталъул заманалда
Дагъистаналда г1уц1араб пачалихъалда абулаан Дагъистаналъул Автономияб Советияб
Социалистияб Республикаян.

 Ана
сонал. Регана жеги тарихиял т1анчал. Жакъа нилъер Дагъистан ккола т1убарал
ихтиярал жиндихъего кьураб Россиялъул Федерациялъул республикалъун. Гьелда
гъорлъе уна росабазул к1икъоялда к1иго район, анц1го шагьар.

  
Дагъистаналъул тахшагьар ккола Мах1ачхъала. Буго жиндирго байрахъги, гербги,
гимнги.

 Рорхатал
муг1рулги, г1ат1идал авлахъалги, хъах1илаб Каспий ралъдал карачелалги г1емерал
миллаталги, гьезул мац1алги цере ч1ола гьелъул ц1ар бахъарабго.

  

   Дун ц1акъ ч1ух1арай
йиго Дагъистаналъул Ц1умада районалъул Агъвалиб росулъ гьаюрай йик1иналдаса
.
Гьанир г1уна ва хвана нилъер цересел умумул. Гьел бах1арчиго рагъана
Дагъистаналда т1аде к1анц1арал тушбабигун. Гьез ц1унана нилъер ракьги мац1ги,
г1адаталги, г1умруги.

Дагъистаналда
вацлъиялда ва гьудуллъиялда г1умру гьабулеб буго лъабго миллионгун нусиялда
анц1азаралда микьнусиялда к1икъоялда анц1ила микьго чияс. Гьел ккола
маг1арулаги, даргиялги, лезгиялги, лъараг1алги, тумалги, табасараналги,
нугъаялги, чачаналги, г1урусалги ва г1емерал цогидалги миллатазул вакилзаби.
Гъез г1умру гьабулеб буго муг1руздаги, г1ат1иракьалдаги.

   Дагъистан ккола
дагъистаниязул щивасул г1ахьалаб рукъ, вижараб ракь, эбелаб Ват1ан.
Гьединлъидал гьеб коч1олъ ах1ула шаг1ирзабаз.

  
                Мун дир г1умруялъул нухлул ахалъи,

                   Мун дир г1умруялъул нухлул т1аралъи;-

                   Мун гьеч1они, дие к1варич1о бакъ-моц1,

                   Мун гьеч1они, дие к1варич1о г1умру…

                   Лъимер инагьдула эбелалъухъе,

                   Г1олилав угьдула абуралъухъе;

                   Амма дун угьдулеб бак1 гьикъун хадуб,

                  Дир рак1алъ ах1ула дур ц1ар, Дагъистан!

                                                                 Р.
Х1амзатов

Дагъистанияб культура цебе т1еялъе
дицаги г1ахьаллъи гьабула.

Дагъистаналъул «Х1акъикъат»
газеталъул редакциялда гьоболлъухъ.

Дагъистаналъул халкъияй
шаг1ир Залму Батировагун дандч1вай

дун гьавуна горжусь тем, щиб къоялъ дагестане. дир рагIал расположился тIад самом юге ва занимает россиялъул тахшагьар огромную площадь. дир родины — гIаламатаб шагьар махачкала. тIолабго республика — гьеб букIине бегьулеб жо гуро берцинай местность, изысканная культура ва добрый, отзывчивый народ.
дагъистаналда некIогоялдаса мирно гьечIо жеги сотни народов. именно гьелдалъун разнообразия нижер гIадамал гаргар буго базаралде множестве разных языков: татском, чеченском, арийском, лезгинском, русском, аварском, кумыкском ва других. радио, телевидение ва сми додинго освещают последние события ва проводят программы гьел наречиях
дие нравится, щиб къоялъ моем краю цIикIкIун кинабниги ценится человеческое достоинство. гIанасеб самого детства нижер учат намус цIунизеизе ва благородство, гурищ гьеб главное, бугеб ургьибе ва букIине буго доба хутIизе щвезегIан самой старости. немаловажна киназего нижер ва семья. бокьилаан гIадин гурев складывалась нижер жизнь, ниж кидаго помним родне. считается, бицунеб щиб киналго агь , бегьилищ лъазе гIицIав аллагьасе гIоло рекъон тому, относится гьабизин семье.
нижер гIемерлъи традиций, чанабиле-л характеризуют дагестанцев цадахъищ цояв кинабгозего гIоло возможных сторон. во-первых, ниж ценим нижер религию, веру, мохмохалдаса , гьединлъидал прежде, кушать, ниж просим аллагьасул баркат лъегиян абизе еду. во-вторых, ниж ценим настоящий, витIарав инсанияб труд. гьединлъидалха щибаб раз, кида нижее встречается работник, ниж желаем досие кидаго лъикIаб дня ва плодотворной работы. ва в-третьих, дагъистаниял гьедин жиндирго родину, щиб киналго рокьула жиндирго чувства вкладываем искусство. исана нижер культуре руго азарабго гIемерлъи стихов, песен, басен, поговорок ва картин, посвященных дагестану.
дун горжусь тем, дица щиб — дагестанец. дие разиго маккал осознания того, дие буго бицунеб щиб абизеизе гьабизин родине. гьеб азарабго счастье, дие довелось родиться гьадинаб сильной духом республике, ва щибаб къватIире нижер виччараб ва том, нижеда — русские.

дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке На аварском языке. Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан. Дие Аллагьас I бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар-якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан! ракь. Дагъистан Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,. ГIадамазухъе щвей буго дир мурад. 1959. Къеч. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали Дида лъалеб гьечlо лъил ракь гьабали,. Гlагараб, бацlцlадаб магlарул мацlалъ. Дир. Смешные слова на аварском языке, дословные. дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке — Сочинение на аварском языке дир муг1рузул улка г1агараб ват1ан. Сочинение на аварском языке. Сочинение на аварском Например: Дир эбел Дир эбел йиго лъик1ай, берцинай. Дие гьей ц1акъ йокьула. Дир эбел йиго х1алт1улей(напиши где). Сочинение ученицы 9 класса Дибировой Амины Д. Расул Х1амзатовасул Дир рак1 муг1рузда. Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали, РагIуларо цо сас сверухълъиялда. ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола, ГIицIго ахалъуда чундул угьдула. Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан, Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа? На аварском языке. Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан. Дие Аллагьас I бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар-якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан! ракь. дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке. готовые мини сочинения моё любимое произведение а с пушкина

Оцени ответ

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дир умумуз бицараб,

Улбуцаги бицунеб,

Урхъула духъ,авар мац1.

Малъе,эбел,рахьдал мац1.

Гьаб ракьалда дие хазиналъун ккола мац1ги гьаюрай эбелги.Маг1арул мац1-дир рахьдал мац1.Гьеб дица ц1унизе ккола.Дун гьеб мац1алъ гаргадула.Дир маг1арул мац1 бечедаб буго.Маг1арул мац1 ккола Дагъистаналъул аслияб мац1лъун.Дагъистаналда г1емер рук1ана ва гьанжеги руго маг1арул мац1 бечелъизеги т1обит1изеги гьарулел шаг1иралги хъвадарухъабиги.Маг1арул мац1 лъаларел маг1арулал г1емер руго нилъер.Дир пикруялда, гьезги х1аракат бахъизе ккела рахьдал мац1 лъазабизе.Гьелда т1ад ч1арал г1адамалги руго.Щал нилъ колел нилъерго мац1 к1очене тани.Мац1алдаго цадахъ ц1унизе ккола нилъеца нилъерго миллиял г1адаталги.Хасго маг1арулазул г1емерал руго г1адаталги гьединго бечедаб буго тарихги.Къоло щуго соналъ къеркьана имам Шамил диналъе г1ологи эркенлъиялъе г1ологи.Дунялалдаго ц1ар раг1арав,жинца дунялалдаго Дагъистаналъул ц1ар раг1инабурав Расул Х1амзатовас г1емерал куч1дузулъ бихьизабулеб буго жиндирго Ват1аналдехунги рахьдал мац1алдехунги бугеб рокьи. Нилъер шаг1ирас аманат гьабун тана мац1 ц1унеян,маг1арул г1адатал рехун теч1ого г1умруялда цадахъ рачеян,нилъер муг1рул рехун тогеян.

Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб асаралда т1асан сочинение.

Х1адур гьабуна 9 классалъул ц1алдохъан Дибирова Амина Д.

Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ маг1арулазе хирияв поэт Ц1адаса Х1амзатил хъизаналъе. Поэтасул вас вук1иналъ Расулие рес кьуна жеги гьит1инго вук1аго, раг1ул къимат лъазе, гьелъул пасих1лъи бич1ч1изе.Г1умруялъул аслияб иш г1адин, гьит1инго т1аса бищана Расулица коч1ол нух, х1аракатги бахъана гьелъие киданиги хилиплъич1ого, рит1ухълъи ц1унизе.

Расул Х1амзатовас хъвана г1емерал асарал:куч1дул,поэмаби,къисаби.Гьел киналго рахъун руго анлъго томалдасан данде гьарурал асаразул т1ахьазда.Гьес бат1и-бат1иял темабазда т1асан хъвана куч1дул,поэмаби.Аслиял темаби руго гьес росун К1удияб Ват1анияб рагъ ва рахьдал мац1 ц1уни.

Г1агараб авар мац1! Дир кинабго бечелъи , кинабго хазина, дир дарман, дир гьаракь.Гьаб дунялалъул рокъоб дие гьеб мац1 кутакалда г1агарлъана. Авар мац1алдехун дир рокьи т1оцебе ц1ик1к1инабуна дир херас-Дибиров Мух1амадица,хадуб дир мунагьал чураяв инсуца, дир эбелалъ ва дир инсул яцаз.Гьел киналго ккола г1урус ва авар мац1алъул муг1алимзаби.

Гьит1инаб заманалда дун г1емер херазда аск1ой йик1унаан.Жакъа къоялъги дида жеги рак1алда руго херас(ададица) бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ дие ц1алулел р1ук1арал куч1дул, маргьаби. Нижеца цоцазе бицанк1аби кьолаан.Херас дие «Лачен» журналалдасан ц1алулаан куч1дул, кепал харбал. Огь, дир лъимерлъиялъул заман!

Авар мац1 буго бищунго бечедабги хириябги.Гьеб мац1алъ загьир гьабула дица дир пикру,рек1ел асар, рокьи, ццин.Мац1 бук1ине ккола азарил соназ бук1араб, умумуз нилъее кьураб.

Расул Х1амзатовасул дие г1емерал асарал рокьула: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби», «Эбелалъ дир кинидахъ…», «Вера Васильевна», «Маг1арулал», «Дун гьавураб къо».

Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Гьеб буго инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь. Жеги ц1алана «Маг1арулай» абураб поэма ва «Авар мац1» абураб кеч1.

«Авар мац1» абураб кеч1 дие кутакалда бокьана. Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб коч1ол аслияб тема ккола рахьдал мац1 ц1уни, гьеб бокьи. Гьениб бицунеб буго рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Нилъее умумуз ирсалъе тараб гьеб нилъеца наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ.

Авторас асаралда жаниб бицунеб буго ,макьилъ живго цо лъарал раг1аралда г1одов ккун вук1ин.Гьебмехалъ гьесда борхалъудасан раг1ула руччабазул к1алъай. Гьел к1алъалел рук1ун руго бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ. Гьез бицунеб бук1ана ах, хур-хералъул, бук1инесеб маг1ишаталъул,кьерхен-роц1еналъул,боц1и-панзалъул, пуланав Х1асанил сих1ирлъиялъул.

Лъукъун, бида вец1ц1ун, лъарал раг1алда вугев Расулил, маг1арул мац1алда к1алъалел г1адамазул гьаракь раг1игун, бадиса маг1у бач1уна. Вахъана гьев т1аде.

Гьес абуна:

-Аваразул калам,гьелъул камиллъи!

Кинабго черхалда лъик1лъана ругънал.

Гьал раг1абаздасан дида бич1ч1улеб буго Расулие авар мац1 кутакалда хирияб,г1агараб бук1ин.Гьес коч1олъ хъвалеб буго рокъорги къват1ирги маг1арулаз бицине кколин жидерго рахьдал мац1. Мактабаздаги авар мац1 малъизе кколин абулеб буго.Цоги Расул Х1амзатовас хъвалеб буго, нилъ рокъоса унеб мехалъги нух бит1агийилан маг1арул мац1алъ гурищила нилъеда улбуз абулеб . Гьеб бугила рекъараб нилъер халкъалда черхалда борчараб рачел киниги.

«Авар мац1» абураб коч1олъ Расул Х1амзатовас хъвалеб буго жиндие бат1аго бокьулила г1ураб ракь, маг1арул т1алъи. Лъаларила кивехун жив хвелевали, амма жиндие хоб бокьилила живго г1ураб г1агараб росулъ бук1ине. Жиндир хабада цересен унел цо-цо нухлулаз, х1асратаб,маг1арул мац1алъ гьанив нилъер Х1амзатил Расул вугилан абизе бокьилила жиндие. Гьесул раг1абаздасан бич1ч1улеб буго жиндирго Ват1ан, рахьдал мац1 Расул Х1амзатовасе ц1акъго хирияб бук1ин.

Гьаб заманалда г1емер бицулеб буго телевизоралдасан, газетазда, журналазда хъвалеб буго нилъеца хирияб,г1агараб рахьдал мац1 ц1униялъул х1акъалъулъ. Гьеб ц1акъ бит1араб буго. Нилъеца т1абиг1ат ц1унулеб г1адин , ц1унизе ккола бечедаб авар мац1. Нилъеца- маг1арулаз ц1унич1они гьеб, лъица ц1унилеб?

Дида ккола,щивав чиясул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги бук1ине кколин. Дир мац1- гьеб ккола маг1арул мац1. Гьеб дие бокьула дирго рух1г1ан. Жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо.

Дие бокьилаан, рахьдал мац1алдехун ц1ик1к1ун рокьи бач1ине авар мац1алъул дарсал школалда ц1ик1к1ун кьезе. Г1урус мац1алъул анлъго- анкьго саг1ат кьолеб мехалъ, щай авар мац1алъул кьолареб?!

Нижер школалда авар мац1 бокьуларев ц1алдохъан нагагьги гьеч1о. Пат1имат Мух1амадовналъ бат1ияб рокьи бижизабуна нижер гьелдехун. Авар мац1алъул ва адабияталъул дарсазде гъираялде уна ниж. Школалда щибаб хамиз къоялъ т1обит1ула авар мац1алъул кружок. К1одо гьабула нижеца «Рахьдал мац1алъул къо». Т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, авар мац1алде хурхун куч1дул гьарула, сочинениял хъвала, сценкаби лъола, х1аял т1орит1ула.

Аваразул калам гьелъул камиллъи!

Лъаларо, Мух1амад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун.

дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке На аварском языке . Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан . Дие Аллагьас I бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар-якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан! ракь. Дагъистан Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан , . ГIадамазухъе щвей буго дир мурад. 1959. Къеч . Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали Дида лъалеб гьечlо лъил ракь гьабали, . Гlагараб , бацlцlадаб магlарул мацlалъ. Дир . Смешные слова на аварском языке, дословные. дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке — Сочинение на аварском языке дир муг1рузул улка г1агараб ват1ан. Сочинение на аварском языке. Сочинение на аварском Например: Дир эбел Дир эбел йиго лъик1ай, берцинай. Дие гьей ц1акъ йокьула. Дир эбел йиго х1алт1улей(напиши где). Сочинение ученицы 9 класса Дибировой Амины Д. Расул Х1амзатовасул Дир рак1 муг1рузда. Араб соналъ дица ц1алана Расулил «Дир Дагъистан» абураб т1ехь. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали, РагIуларо цо сас сверухълъиялда. ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола, ГIицIго ахалъуда чундул угьдула. Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан , Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа? На аварском языке. Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан. Дие Аллагьас I бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар-якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан!ракь. дир гlагараб ракь дагъистан сочинение на аварском языке. готовые мини сочинения моё любимое произведение а с пушкина

Понравилась статья? Поделить с друзьями:
  • Сочинение про гуся
  • Сочинение про город санкт петербург
  • Сочинение про гусли
  • Сочинение про город россии
  • Сочинение про гусеницу